ХIакъикъаталдаги
2014 соналъ, ай культураялъул сонлъун лъазабураб лъагIелалъ культурияллъун рикIкIунел идараби къазе рес букIинарин ракIалде ккараб хIисабха хIакимзабазда, цIияб сон тIаде щвелалде цо-цо бакIазда байбихьана гьанжего гьезда кьаби щвезабизе. Масала, Лаваша мухъалда бугеб Чуни росдал мактабалъул музеялда. Гьелъул нухмалъулев, ай музей гIуцIарав мугIалим Мусаев МухIамадица бицухъе, гьеб «хьихьизе» мухъалъул бюджеталъул гIарац гьечIин абураб багьанаги бачун, гьеб къалеб рагIула.
Мусаев МухIамад: «Музей рагьана 2004 соналъ, амма гьениб лъун буго 20-25 соналъ данде бакIарараб къайи-къоно. АнкьнусгогIанасе
Мусаев МухIамадица бицухъе, Лаваша мухъалъул маданияталъул рукъалъул нухмалъулес абулеб бугила гьеб къайи-къонги босун Лавашаве вахъайин, жинца харжги кьелин. Амма гьелдаги жив разилъичIила.
Мусаев МухIамад: «Росуцояз гьарулеб буго гьеб кибего босугейилан. КъватIибе босани гьеб тIокIалъ нахъги буссунарин. Мактабалде вачIарав чиясда музей гурони бихьизе тIокIаб жоги гьечIин. Гьеб битIарабги буго. Диегоги бокьун гьечIо гьебгощинаб хазина росулъа къватIибе ине».
ХIакъикъаталдаги
МухIамадова Асият: «Музеялда буго умумузул рукIа-рахъиналъу
Гьанжейин абуни гьединаб музей хIажат гьечIин ва гьелъул хIалтIи гьабулезе кьезе шагьабиги гьечIин аби кинго бичIчIуларила.