Ахирисеб 10 соналда жаниб бищунго дагьлъун буго Магърибгун гьоркьорлъаби щулалъизаризе кколин рикIкIунел россиялъулазул къадар. Гьединазул къадар гьанже бащалъулеб буго 41 проценталда, 39% абуни рикIкIунеб буго Магърибалдаса рикIкIалъизе кколин.
Марталда абуни Россиялъул халкъалъул 61 проценталъ рикIкIунеб букIун буго Магърибгун бухьенал щулалъизаризе кколин. ЛъагIел цебе абуни, 2013 соналъул марталда цIех-рех гьабуразда гьоркьоб гьединазул къадар букIун буго 70%.
Гьединго цIикIкIун буго Америка рикIкIад гьабизе кколин рикIкIунел гIадамазул къадарги. Левада-Централъул баяназда рекъон, гьединазул къадар бахунеб буго 48%. Гьебго заманаялда россиялъулазул 40% пикруялда Америкагун цере рукIарал гьоркьорлъаби цIунизе яги гьел лъикIлъизаризе кколеле руго.
Рехсараб централъул хIалтIухъабазул пикруялда гьел хиса-басиял рарал руго Украиналда ва гьеб сверун бугеб ахIвал-хIалалдаги ва аслияб куцалда-гьелъул хIакъалъулъ росссиялъул пачалихъиял информалатаз бицунеб бугеб куцалда. Пачалихъиял каналаз Украиналъул хIакъалъулъ бицунеб битIараб гьечIин рикIкIунеб буго Россиялъул щибав щуабилев чияс, амма гьебго заманаялда, Левада-Цнтралъ гьикъа-бакъи гьабуразул 94% информация цохIо телевидениялдасан гурони щолеб гьечIониги. Интернеталда информация балагьулеб буго россиялъулазул 16%, жеги 9% гьеб балагьулеб буго басмаялда кьабурал газетаздасан. Щибав щуабилев чиясда цIиял харбал лъалел руго гьудулзабаз яги лъалел-хъвалез рицун.
Нижецаги гьабуна г1адатиял дагъистаниязда гьоркьоб гьитIинабго цIех-рех. Нижеца гьезие кьолеб букIана божулищ нуж Россиялъул телевидениялъ бицунелда ва киса нужеда цIиял харбал лъалел абураб кIиго суал.
Телеиндустрия халкъалъе бокьи бараб буго гьанжесеб пропагандаялъулаб рагъул мугь цебеккун лъикI хIадурараб ракьулъе бортун букIиналда. Гьедин рикIкIунеб буго Левада-Централъул экспертаз. Гьезулго пикруялда рекъон, 90-билел соназда «МММ» гIадинал авантюрал гIемер рукIиналъ гIадамазул телевидениялъ бицунелда божилъи хун букIун батани, гьанже гьеб божилъи тIадбуссун буго ва Россиялда халкъ гьелъ кьолел цIиял харбазда цIакъ божулеб буго.
«Нилъеда цIакъ лъикI лъала пропаганда гьабизе. Гьединго цIакъ лъикI лъала хутIараб дунялалъул хIакъалъулъ маргьаби рицинеги»,- ян абун буго «Независимая газетаялъе» Политикияб экспертияб къукъаялъул бетIер Константин Калачевас.
Гьесулго пикруялда, россиялъулазда дунял бичIчIулеб буго яги эмоционалияб яги иррационалияб куцалда. Нилъеца хадубги тIолабго дунял гIантлъун бугин нилъ гьечIин рикIкIунеб батани, ахирги гIанталлъун нилъ рикIкIине рес бугин абун буго гьес. Магърибалде данде бугеб риторикаялде гъорлъе СССР кинаб жо букIарабали лъаларел гIолилалги цIалел ругин. Гьезда лъаларин, масала, джинс-тIажу хIалихъе тIубараб моцIрол харжги кьун босулеб букIараб куц ва гьезда кколеб бугин доб заман квешабги дагьаб лъикIаб гIемераб заманин букIанин абулеб буго Калачевас.
Киналго информациониял рагъал кида-къадниги лъугIичIого рукIунарин ва жакъацин Европа бокьуларел россиялъулал гьенире унел ругищан гьикъани фокус-къукъаязул жавабал цо ккурал рукIине гьечIолъиялда ракIчIараб буго Калачевасул.
Крым Россиялде гъорлъе бачаралдаса улкаялде гьулчанин патриотизмалъул карачел ва гьелъул хъуялда гъоркь Кремлалъул политикаялда разиял гьечIезул гьаркьал рагIулел гьечIин хъвалеб буго
The Washington Timesалъ.
Россиялда президент Владимир Путин какулезе гьедингоги бигьаяб букIинчIин, амма ахираб заманаялъул хиса-басиял рихьун гьединазул гьаркьал тIубанго къиналда хIинкъи бугин хъвалеб буго рехсараб газетаялъ.
Украиналда хурхун Россиялъул политикаялъ гьеб халкъаздагьоркьосеб аренаялдаса изоляциялде кканиги, улкаялда жанибин абуни гьеб политика цIакъ машгьураблъун кканин ва гьелде тIадеги Путиница халат бахъинабулеб бугин дунялалда къуват кIудияв чиясул роль хIазейин хъвалеб буго гьелда.
Гьеб газетаялъул пикруялда, улкаялда жиндир рахъкколел цIикIкIун рукIин бихьараб Кремлалъ дагьалги кьваризарулел руго жиндир критикаязде данде тадбирал. Гьеб киналъулго хIасилалда жиндир акциязде 100 азарго чи бигьаго вакIаризе кIолеб букIараб «хъахIал чIалал раразул» протесталъул багъа-башари тIубанго тIагIанин абизе бегьулин рикIкIунеб буго The Washington Timesалъ.