Чахъуги къваригIун, къурбанги бокьун...

4-6 октябралда бусурбабаз кIодо гьабизесеб Къурбан-къоялде хIадулъулел руго бусурбабазул дунялалда.

Европаялъул рахъалъул Россиялъул рухIияб идараялъ Москваялда гIумур гьабун ругел бусурбаби ахIана цадахъ паспорт босиялде. Идараялъ хасаб кIвар буссинабулеб буго хIайванал хъвезе шагьаралда жаниб гьукъун букIиналде. Ай, гьеб гьабизе бокьарал заманалдаго гьелда тIад ургъизе кколел рукIиналде.

Бусурбабазул гIуцIиялъ дин цоял гьединго ахIана байрам низамалда ва парахалъиялда тIобитIиялде, хасго гIемер хIалкъ бугеб бакIалда къанунал ва тIалабал хвезаризе риччангутIиялде.

РухIияб идараялъул лъазабухъе, Москваялда къурбан-къоялъул какал разе руго тахшагьаралъул щуго мажгиталда ва Москваялъул нухмалъиялъ хас гьабун тIадеги бихьизабураб лъабго бакIалда. Ай, «Сокольники» павильоналда, Андроповасул проспекталда бугеб Октябралъул паркалда, Южнобутовская къватIалда бугеб «Изумрудный» комплексалда.

20I0 соналда Россиялъул тахшагьаралъ гIадахъ босана Къурбан-къоялъ хIайванал къватIазда хъвей бугьулеб жо гурин абураб жамгIиял хIаракатчагIазул пикру. Гьелда хадуб шагьаралъул бутIруз бусурбаби ахIана киналго диниял тIалабазда рекъон хъварал хIайваназул гьан бичун босиялде яги Москваялъул сверухълъиялда киналго диниял тадбиразда жалго гIахьаллъизе рес бугел хIайванал хъолел хасал бакIазда гьеб гьабиялде.

Исана къурбаналъул гьан босизе бегьулеб буго Москваялъул Выползов къватIалда бугеб Москваялъул аслияб мажгиталда яги Хачатурянил къватIалд бугеб «Ярдям» мажгиталда.

Цингиги Москваялъул сверухълъиялда I4 бакIалда букIине рагIула рес къурбан-къоялъул гIадатал тIуразарун хIайванал хъвезе. Москваялъул Регионазда гьоркьосел бухьеназул, миллияб политикаялъул ва диниял гIуцIабазулгун бухьен гьабиялъул департаменталъул лъазабиялда рекъон, гьел кколел руго Олинцово, Коломенское, Ногинск, Подольск, Солнечногорск, Щелково, Пушкино, Сергиев-Посад, Раменское муниципалиял мухъазул ва Балашихаги Домодедовоги шагьаразул округазда ругел фермабиги боцIи хъолел бакIалги.

«Известия» газеталъул лъазабиялода рекъон, тахшагьаралъул полициялъ инкар гьабулеб буго цебесеб соналъ гIадин киназулго паспортазул хал гьабиялдаса. Амма гьединал бакIазда рукIине рагIула низам цIунулел ва дружинникал. Россиялъул муфтиязул мажлисалъул нухмалъулев хисулев Рушан ГIаббясовасул рагIабазда, низам цIунулезулгун хIукму гьабун буго, гIицIго щаклъи баккинабулел гIадамазул гурони документазул гурони хал гьабунгутIиялъул. Гьединаб къагIидаялда баянлъизаризе ругин цадахъго легалиял гурел мигранталгиян, жубалеб буго гьес. Москваялъул миграциялъул идараялъул вакил Владимир Ивановасги лъазабуна, Къурбан–къоялъ полициялда цадахъ жидер хIалтIухъабиги рукIине ругин.

КIурбан-къоялъ хъолел хIайваназул къадар анцIго нухалъ дагь гьабеян ахIи гьабун буго хIайванал цIунулез Москваялъул бутIрузде ва бусурбабазде. Жидерго инициатива гьез хурхинабулеб буго 4 октябрь Халкъазда гьоркьосеб хIайванал цIуниялъул къо букIиналда.

Инсанасул ихтиярал цIунулез ва цо-цо жамгIиял хIаракатчагIаз какулеб буго гьеб инициатива ва рикIкIунеб буго хIайванал цIнулаянги абун, гьез гIадамазул ихтиярал хвезарулел ругин. Москваялъул инсанасул ихтиярал цIуниялда сверун бюроялъул нухмалъулев Александр Бродил пикруялда, бищунго лъикI букIинаан бусурбабазул рухIиял лидераз москваялъулазе диниял гIадатал ричIчIинаруни.

Александр Брод: «Москваялъулазда гърлъ цо нагагь гурони гьечIо хIакъал вегетарианал. Гьеб къоялда боцIи хъвеялден данде гьел ратани, гьеб гIантлъи ккола».

Бродил рагIаби ракIалъе гIун руго Экономикаялъул тIадегIанаб школаялъул социалияб политикаялъул ва социалиялгун экономикиял программабазул институталъул директор Сергей Смирновасеги. Гьесул пикруялда, тахшагьаралъул мэриялъ гIадахъ босизе кколаро ХIайванал цIунулезул ахIиял. Гьел нахъ чIван руго гьединго Россиялъул муфтиязул мажлисалъги.