Бусурбабаздехун бербалагьи квешлъун бугищ Европалда?

Марселалда бусурбабазул ретIел бичулеб бакIалда Франциялъул премьер-министр Жан-Марк Эйро, 8Ноя2013

Парижалда Charlie Hebdo сатирияб даптаралде тIадекIанцIи гьабиялъул жавабчилъи тIадебосун буго Йеменалда бугеб «ГIарабазул бащдаб-чIинкIиллъиялда бугеб Аль-КъагIидаялъ». Гьезул нухмалъиялдаса Наср Аль-Анси абулев чияс видеоялда абулеб буго гьеб тIадекIанцIи букIанин МухIамад аварагасухъ (с.гI.с) къисас босийин. Гьелдаго цадахъ талат къоялда Парижалда бичулеб букIана Charlie Hebdo-ялъул цIияб номер ва гьелда тIад цIидасан кьун букIана аварагасде бахъараб карикатура.

АрбагI къоялда Франциялда даптаhалгун газетал ричулел тукаби рагьана кидаго рагьулелдаса ригьалда. Гьедин лъазабулеб буго ЭР мухбирас. Гьел тукабазул кIалтIа чIун рукIун руго халатал читIирал.

«Дица тукен рагьулеб мехалда гьелда цеве чIун вукIана 60-70 чи. Нижер тукаде бичизе бачIун букIараб 450 даптар 15 минутаялда жаниб бичана»,-ян абун буго France-Presse гIажаиблъарай йичарухъаналъ.

Гьеб даптаралъул цIияб номер басмаялда кьабун буго рекорд чIезабураб 3 млн. бащадаб къадаралда. Гьелъул гIадатияб къадар гьелдаса 50 нухалда дагьаб букIунеб буго. Гьеб номер буссинабун буго чанго мацIалде-ингилис, гIараб ва турк.

Гьелда тIад кьун буго хъахIаб ретIел ретIарав чиясул сипат. Гьесул бадисан гирулеб буго магIу ва гьесул кодоб буго «Дун-Шарли» ян хъвараб хъарщи. Гьеб сураталда тIад хъван буго «Киналдаго тIаса лъугьана» абун.

«Даптаралъул тIасиб гьумералда щиб кьелебали лъаларого рукIана гIемераб мехалда, лъалеб букIана нилъеца хIисаб-суал гьабизе кколеб жоялъул гьениб бицине кколеб букIин»,-ян абун буго даптаралъул бетIерав редактор Жерар Биарица.

Гьезулго хIалтIухъан Реналь Люзьеца абун буго: «ТIаса лъугьа, нижеца цIидасан кьуна аварагасул сипат. Ниж божула чиясул гIакълуялда. Ниж божула балъгояб махсаро гIадамазда бичIчIулеб букIиналда. Доб теркат гьабурал гIадамазе махсаро бичIчIине пагьму кьун букIун гьечIо»,-ян.

Гьеб даптаралъул адвокатас абуни Франциялъул радиоялъе лъазабун буго гьелъул хIалтIухъабазда ракIалда бугин экстремистазукьа жал хIинкъуларел рукIин бихьизабизейин ва гьезда гьезул кIалал къазаризе кIвезе гьечIин.

7 январалда Charlie Hebdo ялде гьабураб гьужумалъул хIасилалда хун вукIана 12 чи. Жеги ункъго чи чIван вукIана гьужум гьабуралгун рекъон хIалтIулев вукIарас цо тукада гIадамал гъоркьлъалие росиялъул хIасилалда. Щаклъи буго гьес гьединго цо полицияй чIваялдаги. Гьел терактал гьабурав лъабавго чIван вукIана полициялъул хасаб операциялда кIиго къоялдасан.

Франциялъул батIи-батIиял шагьаразда теракталъул къурбаназул адабалда тIоритIарал акциязда гIахьаллъун вукIана кинабниги ункъго миллионалде гIунтIун чи.

Гьединабго магIанаялъул акциял тIоритIун рукIана дунялалъул цоги шагьараздаги.

Цо-цо мехалда гьезул букIана антиисламияб хасиятги. Итни къоялда Алманиялъул Дрезденалда тIобитIараб гьединаб акциялда гIахьаллъана аза-азар чи. Гьелда гIахьаллъараз абулеб букIана Парижалда гьабураб теракталъ жидер позиция ритIухъ гьабулеб бугин.

Официалияб Бердиналъ риккунеб буго гьеб акция гIуцIараб «Патриотиял европалъулал» ай PEGIDA абулеб багъа-башариялъул ихтияр гьечIин бусурбабаздехун рокьукълъи бекьизейин.

Гьеб мехалда Алманиялъул канцлер Ангела Меркелица лъазабун букIана жийги жиндир кабинеталъул цIикIкIуниселги гIахьаллъизе ругин Берлиналда бусурбабазул жамгIияталъ тIобитIизе бугеб диназдехун сабруяб бербалагьи цIуниялъул акциялдайин.

Алманиялда ксенофобиялде ва PEGIDAялъул ахIиязде данде цо къоялда жаниб бакIарун букIана 35 азарго чиясул гъулбас.

http://www.tv2.no/2015/01/12/nyheter/6442324

Антиисламияб акция тIоритIун букIана Новрегиялъул Ослоялдаги. Гьелда гIахьаллъарав чиясе нужее жиб къваригIун бугебин абураб суал кьун буго Заман Каддафи абулев Новрегиялъул журналистас.

-Мун гIадинал коцакъал гьаб улкаялдаса нахъе хъамизе къваригIун буго,-ян жаваб кьолеб буго гьев чияс.

Гьеб мехалда журналистас щибго гIажаиблъи гьабичIого абулеб буго гьединал экстремистазул багъа-башариязул цIех-рех ункъго соналъ гьабулеб бугин жинца ва гьеб жавабалда жиндир гIажаиблъи гьабизе бачIунарин.

Гьаниб кьолеб буго гьеб видео.

Европаялъул цо-цо гьединал шагьаразда цо-цо къуватаз антиисламияб къали бухизе байбихьун букIиналде балагьун нижеца бухьен ккуна Европаялъул батIи-батIиял улкабазда гIумру гьабун ругел Шималияб Кавказалдаса гIадамалгун. Гьез цо кIалдисан гIадин абулеб буго Европалда гьеб теракталдаса хабуд бусурбабаздехун бербалагьи квешлъун гьечIин.

Цебе жинца ботIрода кIаз къалеб букIун батани, гьал къоязда ургъунго хIижабги ретIун тукаде ун йикIанин жиян бицана Брюсселалда гIумру гьабулей Миланаца. Гьеб мехалдаги дуца босараб жо гIемераб бугин, читIиралда цее айин абунила жинде гьенир чIун рукIарал гIадамаз ва жидер шагьаралда бусурбабаздехун бербалагьи цебего гIадин лъикIаб бугин бицана гьелъ.

Гьединабго гIадинаб букIана цогияз бицунебги.