Умумузул ВатIаналда талихI балагьулел

Сириялдаса лъутаразул Нальчикалда гIумру гьабизе ругел шартIал

​Хасало гIумру гьабизе шартIал гьечIеб Нальчик рагIалда бугеб "Терек" петералда бетIербахъи гьабулеб буго Сириялдаса лъутун рачIаразул 15-гIан хъизамалъ. Кинабниги Гъабардагун-Балкариялде Сириялдаса лъутун вачIун вуго 150 -гIан хъизаналдаса 700-ялдаса цIикIкIун чи. Аслияб куцалда бакIалъул бизнесчагIазул кверчIваялдалъун бажарун буго гьезул цо-цоязда республикаялъул росабалъ рукъзал росизе ва гьенире гочине. Гьанже "Терекалда" хутIаразулги хьул буго гьениса нахъе гочине рес щвезе букIиналда.

Сириялдаса лъутаразул хъизамаз гIумру гьабулеб «Терек» петералда гьечIо хинлъи, зама-заманаялда гьениб канлъиги къотIизабулеб буго. Щайин гIадамаз гьединал шартIазда гIумру гьабизе кколебин гьикъараб мехалда петералъул нухмалъиялъ абулеб буго шагьаралъул коммуналиял хъулухъазда цебе петералъул кIудияб налъи бугин, гьединлъидал гьез коммуналиял хъулухъалги гьедин хашго гьарулел ругин.

Коммуналиял хъулухъазухъ кьезе абуни гIарац гьечIо кваназе жоцин садакъадуе кьураб гIарцуде босизе ккарал гIадамазул.

Сириялда рагъулал ишал байбихьараб мехалда гьениса умумузул ВатIаналде тIадруссарал гьезие кьун гьечIо лъутаразул абураб статус ва гьединлъидал пособиялги кьолел гьечIо гьезие. Жалго хIалтIуде лъугьине кканиги гьезул гьечIо хIалтIизе изну кьолел документал, гьелде тIадеги гьезда лъалеб гьечIо гIурус мацI.

Гьединлъидал гьел ккун буго жидедаго бажарухъе бетIербахъи гьабиялде.

Республикаялъул цо-цо бечедал чагIаз гьабулеб буго гьезие кумек, гIадатиял гIадамазги гьабулеб буго кванил нигIматаздалъун яги ретIел хьиталдалъун кIвараб кумек.

Гъабардагун-Балкариялда гIумру гьабулеб бугеб лъабгогIан соналда жаниб бажарун буго гьезул цIикIкIунисезе батIи-батIиял росабалъ рукъзал росизе. Гьелъулъ кверчIвай гьабун буго республикаялъул нухмалъиялъги.

Бицунеб буго Тленкопачев Ханица.

Тленкопачев Хани: «Дун Гъабардагун-балкариялде вачIана Сириялдаса. Дун вохаравги вуго умумузул ВатIаналде тIадвуссине щвеялдаса. Гьанир рукъун руго дир эбел-эменги. БакIалъул гIадамазги ниж рехун тун гьечIо, нижер проблемазул кIудияб кIвар буго гьезие. Жидеда бажарухъе гьез кумекги гьабулеб буго. Анзорей, Благовещенка абулел росабалъ гьез нижее рукъзалги росун руго. Амма масъалаби хутIулел руго хIалтIудалъун хьезариялъулъ. Сириялда лъикIаб махщел букIарал гIадамал гьанир хIажат гьечIин кколеб буго».

Жеги рукъ щвечIезда гьоркьой йиго Ворокова Самира.

Самира Ворокова: «Ниж гьанире ахIана жидерго улкабаздаса лъутаразе кумек гьабулеб рахIмуялъул идараялъ. Гьанире рачIарабго нижеца кодоб букIараб гIарцуде жанир рукIине гьитIинабго рукъ ккуна. ГIарацги лъугIараб тIокIаб гьабизе жоги лъаларел ниж гочине ккана нижго гIадинал лъутараз гIумру гьабулеб букIараб «Эльбрус» санаториялде. Гьениб гIемераб заман балалдего ниж гьениса гочинаруна «Терек» петералде. Цо-цоязе кьуна росабалъ рукъзал ва гьел гьаниса гочун ана. Гьаниб нижер хутIун буго 15 хъизан».

Гьебго «Терекалда» гIумру гьабун вугев Пшибиев Нартица абулеб буго коммуналиял хъулухъазухъ налъи букIиналъ жидее бухIараб лъим бичIчIалеб гьечIин. Гьес тIалъиялда гьарулеб буго гьеб кьейин, гIисинал лъимал ругел жал гьеб гьечIого бегьуларин.

Пшибиев Нарт: «Дида цIар буго Нарт, дун ккола Пшибиевазул тухумалдаса. Смириялдаса улбузул ВатIаналде тIадруссараб мехалда нижее рукIине бакI бихьизабуна къачIазе кколеб букIараб «Эльбрус» санаториялда. Бажарухъе гьенир рукIарал рукъзалги къачIан ниж гьенире рахъана. Дица гьаниб гIумру гьабулеб буго дирго хъизангун цадахъ. Нижер руго гIисинал лъимал. Нижеца нухмалъиялда гьарулеб буго гьанибе бухIараб лъим кьейин. Чанго къо цебе нижеда лъазабуна коммуналиял хъулухъазухъ гIарац кьезе кколин. Нижер гьечIо хIалтIи, кодоб букIараб, гьебги гIемераб букIинчIеб гIарацги цебего лъугIана. Киса кьелеб коммуналиял хъулухъазухъ гIарац?»

Сириялдаса лъутун рачIаразул 130-гIан хъизамалъе кумек гьабун росун руго рукъзал. Аслияб куцалда бакIалъул бизнесчагIаз щибаб хъизамалъе кьун буго 500 азарго гъурущ. Гьеб гIечIез бажарухъе жидерабго тIадеги жубан росун руго учузалго рукъзал. ХутIаразеги гIагараб заманаялда кумек гьабизе рагIи кьолеб буго республикаялъул нухмалъиялъ.

Инна Дэжин