Полициялъ ккун арав моргалда ватана

Полициялъул хIалтIухъабаз ккун вукIарав Тарки росулъа Салаватов ГIалимхан гIагарлъиялда ватун вуго моргалда. Низам цIунулез абулеб буго жидеца гьев нахъе виччан вукIанин ва цо заманалдасан гьесул жаназа жидеда рохьил рагIалда батанин. Наркотикал цIикIкIун ратилин гьесийинги тIадежубан буго полицияз Салаватовасул гIагарлъиялъе баян кьолаго. Иш гьедин батаниги, гьев гьез жидецаго чIван ватичIониги, чи чIван яги хун ватиялъул цIех-рех гьабизе кколарищ гьезин абураб суал буго чIварасул гIагарлъиялъул полициялъе.

ГIалимхан Салаватов низам цIунулез ккуна араб анкьалъул ахиралда МахIачхъалаялъул Тарки росулъ. Гьесул имгIал МухIамад Гереевас бицухъе, радал цудунго къоло хадув чи вачIана Салаватовас гIумру гьабулеб минаялъул азбаралде.

«Полициялъул хIалтIухъаби жал ругин, абуна гьез. Гьезул гьурмазда маскаби ххун рукIана. «Щай нуж рачIарал»? - ян гьикъана гьезда ГIалимханил эбелалъ. Дур вас вихьизе бокьун вугин, гьесие кьезе суалал ругинян, жаваб щвана гьезухъа. Кьижун вукIарав ГIалимхан эбелалъ тIаде вахъизавуна. Азбаралде вачIарав гьев низам цIунулез ккуна», - илан абуна Гереевас.

Гьесул рагIабазда рекъон, къуваталъулаз чIухь бан буго Салаватовасул минаялда жаниб. «КIиго нугIги вачун, чIухь бана гьез. Полициялъулал гIемер рукIана ва гьезда хадуб хал кквезе бажарулеб букIинчIо. РетIел лъолеб шкафалда батаниланги абун чIегIераб пакет рехун бачIана гьез. Абуна, гьеб пакеталда гуллбигун гранатаби ругин», - ян бицана «Эркенлъиялъе» Гереевас.

Низам цIунулез автомобилалде жанив лъугьизавун вуго Салаватов, амма гьесул гIагарлъиялда абун гьечIо, киве гьев вачунев вугевали. МахIачхъалаялда бугеб полициялъул чанги бутIаялде щвана гIагарлъиялдаса чагIи, амма кисса кибего гьезда абулеб букIана Салаватовасул хIакъалъулъ щибго жо лъаларин.

Сабру тIагIарал гIагарлъиялдаса чагIаз ахир-къад пикет гьабуна МахIачхъалаялъул Совет мухъалъул ОВДеялда цебе (Совет мухъалде гъорлъ уна Тарки росу). Пикеталда гIахьаллъана лъебергогIанасев чи. ГIадамал гIемерлъулел рихьун, гьезухъ къватIиве вачIана ОВДялъул нухмалъулев Шакир ГIумаров. Гьес абуна Салаватов жидехъ гьечIилан, жидер ОВДялъул хIалтIухъабаз гьев кквечIин. Гьев вугеб бакI лъазабеян чIана гIадамал. АнцIила щуго минут индал, ГIумаровас абуна Буйнакскалде аян гьев валагьизе.

Салаватовасул эбелалъул яцгIал Рукъигат Атлухановалъ «Эркенлъиялъе» бицана Буйнакскалъул ГОВДялда гьезда абунин Салаватов жидеца ккун вукIанин, амма гьикъа-бакъи гьабун хадуб, нахъе виччанин. Гьез гьединго абун буго полициялъул хIалтIухъабазе Салаватовасул жаназа батанин автотрассаялда гIагарда бугеб рохьил бутIаялда.

Моргалде ана гIагарлъиялдаса чагIи. Атлухановалъ бицухъе, Салаватовасул черхалда гьезие батичIо сахаб бакI. «ХъахIиллъиялгун гематомаби, ругънал, кверазда бидул лъалкIал - гьесие гIакъуба кьун букIараблъи хехго бичIчIана. Моргалъул хIалтIухъанас абуна, экспертасул хIасилалда рекъон, ГIалимхан хун вугин цIикIкIун наркотикал гьекъон хадув. Наркотиказда килищ хъвалев чилъун гьев вукIинчIо», - ян бицана Атлухановалъ «Эркенлъиялъе».

Рукъигат Атлуханова: «Гьесие гIакъуба кьураблъи бичIчIана. Гьеб хIехьезе гьесда кIун батиларо. РакIалъул унти бугев чилъун вукIана гьев. Гьесул кIиго лъимер буго, 7 ва 5 сон барал. ГьитIинабго бизнес буго гьесул. КинабгIаги къанун хвезабурав чилъунги гьев вукIинчIо, наркотикални щиб, хъалиян щиб жо бугебали лъаларо гьесда. Патроназул цIураб пакетги рехун, вачун ана гьев. Чанги къо ана гьев валагьулаго. Батана жаназа. Гьанже щиб гьабилеб? Диваналде кьезе ракIалде букIана тIоцебе, митингалде рахъилин хIукму къотIун букIана. Амма жакъа къоялда лъалеб жо гьечIо, тазият лугьинегIан чIун руго. ГIадамал хIинкъиялъ ккун руго. Диваналде гIарзаги кьун ахIи-хIур бахъинабуни, гIагарлъиялдаса цогидал чагIазеги гьеб жо гьабизе бегьулин абулеб буго цо-цояз».

Буйнакскалъул ГОВДялдаса баянал «Эркенлъиялъе» щвечIо. Дежурнияс абуна нухмалъулев хIалтIуда гьечIин ва гьес гурони баянал кьоларин. Гьес гьединго абуна Салаватовилан цIар бугев чиясул хIакъалъулъ щибго жо лъаларин.

Ахирисел къоязда жаниб Дагъистаналда гIадамал рилиялъул чанги хIужжа букIана. Мисалалъе, Унсоколо мухъалъул Балахьуниса ГIадалав ИсхIакъов кив тIагIаравали лъалеб гьечIо гьесул гIагарлъиялда. 17 февралалда магIарзулкъалазе операция гьабизе МахIачхъалаялде арав гьесул хIакъалъулъ щибго жо лъалеб гьечIо.

МахIачхъалаялда 18 февралалда хIалтIудеян вахъарав АсхIаб Адуев валагьулев вуго гIагарлъиялъ. Гьесул вац Мурадил рагIабазда рекъон, мегеж сабаблъун цеве кIиго нухалъ полициялъ чIезавун вукIана АсхIаб. «КIиабилеб нухалда гьев полициялъул бутIаялде вачун вукIана, низам цIунулесда хъубалщинал жал абунилан гIиллаги батун. Амма гьев нахъе виччана административияб гIакIаги бихьизабун. Шагьаралда ругел полициялъул идарабазде щвана, амма гьев гьенив ватичIо», - илан бицана Мурадица. Прокуратураялде гIарза битIун буго гьез.