Лъай кьеялъул канлъи щвечIел

Дагъистаналда ункънусгоялдаса цIикIкIун лъимер школалде хьвадулеб гьечIин лъазабулеб буго лъай кьеялъул Министерлъиялъ.

Гьезул цо бутIа сахлъиялъул рахъалъ хьвадизе рес гьечIел ратани, цогидал улбуз батIи-батIиял гIиллабаздалъун ритIуларин абулеб буго балугълъиялде рахинчIезул ишазул инспектораз. Кинал гьел гIиллаби ва щай лъимал лъай босиялдаса махIрум гьарулел.

Школалде лъимал унгутIиялъе гIиллаби батIи-батIиял ратулила; цоял унтун, цоязул ретIел-хьит босзе рес гьечIогон ругел, лъабабилел динияб бербалагьиялъ лъималазе светияб лъай босизе гьукъулел улбул ругел. Жакъа Дагъистаналда балугълъиялде рахинчIезул захIмат хIалтIизабулеб бугила машинаби чурулелъул, тукабазда яги къватIазда лъазариял чIваялъе. Гьединал лъимал тIахьазда нахъе руссинариялъе щартIал чIезаризе хIажалъиялъул бицана 9 апрелалда балугълъиялде рахинчIезул ишал кодосей Интизар Мамутовалъ тIобитIараб данделъиялда.

Дагъистаналъул прокуратураялъ кьурал баяназда рекъон, республикаялда 16 соналъул ригьалде рахинчIел 464 лъимер 2014-2015 цIалул соналъ школалде хьвадулел гьечIо. Гьезда гъорлъ 248 лъимер сахлъиялъул рахъалъ хьвадизе рес гьечIел кколила, хутIарал лъимал чIара-хьараб гIилла гьечIого эбел-инсуца ритIулел гьечIила школалде.

Къойидаса къойиде цIикIкIунел ругила лъимал динияб бербалагьи сабаблъун школалде ритIуларел улбулин баян гьабуна «Эркенлъи» радиоялъе жиндир цIар абизе бокьичIей социалияй педагогалъ. Масала, 5 класс лъугIидал, тIокIай школалде инчIей яс йигила, гьелъул улбузухъе кигIан аниги, жидеца яс васалгун цадахъ гьабулеб цIалуде йитIиларин абунила, гьединаб лъай боси диналда данде кколареб букIиналъ, гьелъие лъай рокъоб кьелин абун инкар гьабунила гьез. ГьабсагIат гьей ясалъул цадахъ цIалулел 7 классалде рахъанила.

ЦIалул сон байбихьаралдаса нахъе школабаз кьезе кколила сияхIал хьвадизе кколел рукIарал лъимал хьвадуларого ругони, амма кидаго гурила гьел баянал тIубан цIубарал рукIунелин абулеб буго балъугълъиялде рахинчIезул ишазул инспектор Габибова Натальяца

ГIиллаби хIакъикъаталда батIи-батIиял рукIунин, чанги рукIунин цIакъ ресукъал, яги бесдаллъун кIудиял эбел-инсуца тIалаб гьабун ругел лъималги, гьединазе квербакъи гьабизе хIаракат бахъулила.

Габибова Наталья: «Нижеца хIаракат бахъула лъималазе кумак гьабизе, гьел реабелитациялъул централде ритIула, социалиял идарабазул хIалтIухъабиги ахIула гьединал, тIалаб гьабизе бажарулел чагIи гьечIогон хутIарал лъималазухъе. Амма чанги рукIуна жидер лъималазе лъай щвеялъул ургъел гьечIел улбулги. Масала, эмен гьекъолдулев вас автозаправкаялда хIалтIулев ватана нижеда, гьесул ригь бащадал дарсазда ругеб мехалъ. ГIемерисеб мехалъ хIукму гьабула улбузул ихтияраздаса махIрум гьаризе гьединал улбул. ЦIалуде хьвадуларого лъимал ругони, гьелъул гIиллаялъул цIех-рех гьабиялдаса хадуб хъвала протокол ва гьеб балугълъиялде рахинчIезул ишазул комиссялде битIула».

Динияб бербалагьи сабаблъун лъималазе цIалуде хьвадизе гьукъулел улбузда хурхун гIаммаб куцалъ нусгоялдаса цIикIкIун административияб иш рагьун бугила.

Масала, Унсоколо мухъалъул прокуратураялъ кIиго административияб иш рагьун буго гьединал улбузда хурхун, Карабудахкент мухъалда рагьун буго 10 административияб иш, улбуз лъимал школалде ритIизе инкар гьабиялда бан. Улбуз лъималазда цIализе-хъвазе лъанани гIураб бугин ва тIадехун исламияб лъай гурого хIажалъуларин рикIкIунеб бугила.

​Масала, Унсоколо мухъалъул Шамильхъала поселокалда школалде хьвадуларел 3 лъимал ругин баян гьабуна «Эркенлъи» радиоялъе цIар абизе бокьичIев Жанисел ишазул вакилас. Цо лъимер бугила унтараб букIиналъ хьвадизе рес гьечIеб, кIигоял кколила Дагъистаналъул изну гьечIого яргъидгIуцIаразул къадий абулев МухIамад Сулеймановасул лъимал.

«Школалде инчIого хутIарал лъимал руго лъабгоял. Гьезул цояй йиго эпилепсиялъ унтарай яс. КIигоял ккола изну гьечIого яргъидгIуцIаразул цоявлъун кколев Сулеймановасул лъимал».

МухIканаб хIалалъ цIалуде хьвадуларого ругел лъималазул къадар лъазе ва хIакъикъиял гIиллаби лъазе кканани балъугълъиялде рахинчIезул ишазул Комиссиялъул гуребги, цадахъго сахлъи цIуниялъул, жанисел ишазул, лъай кьеялъул ва социалияб кверчIвай гьабиялъул идарабазул хIалтIи цадахъ бачине ккелила, гурого гIолилазул такъсирчилъиялъул сияхIал халалъизе рес бугилан рикIкIунеб буго балугълъиялде рахинчIезул ишазул инспекторалъ.