ХIукуматалъул гурел газетазе экзамен

​Экстремизмалдегун терроризмалде гIадамал ахIиялъухъ медиа-сурсатазе гьабулеб тамихI анцIго нухIалъ цIикIкIинабун буго Россиялда.

ЖамгIияталда гъоръ рази гьечIолъи бижизабулел ва гьоркьоб хIуссур ккезабулел хъвай-хъвагIаязухъ гьанже информ-сурсатазухъа миллион гъурщиде щун гIакIа бахъизе рес буго. Амма экспертазда гьеб хIукуматалъул гурел информалатазда данде бахъараблъун бихьулеб буго.

Россиялъул президент Владимир Путиница 2 маялъ гъулбас гьабураб къануналда рекъон, 100 азарго гъурщидаса 1 млн. гъурщиде бахун гIакIа бахъизе рес буго информ-сурсатазухъа, гьез терроризмалде гIадамал ахIулел, яги экстремизмгун терроризм ритIухъ гьарулел ругони. Хисизабураб къануналда рекъон, цебеккун гьеб гIакIа букIана 50 азарго гъурщидаса 100 азарго гъурщиде щун. Гьединго, 1 млн. гъурщиде щун гIакIа бахъизе рес бугила экстремизм бугеллъун рикIкIарал материалал гIадамазда гъорлъ тIиритIизаризе мурадалда цIунун ратаниги.

Цо-цо экспертазул пикруялда, киб бакIалда бугеб экстремизм ритIухъ гьаби ва киб бугеб ккараб лъугьа-бахъиналъул информация цIалулесда лъазабияли батIа-бахъизе захIмалъулеб буго, гьединлъидал рес бугила гьеб сверизабизеги. Масала, «Московский Комсомолец» газеталъе лингвист А. Барановас баян гьабухъе, лингвистикияб экспертиза тIобитIулаго лингвистасда цебе бугеб аслияб масала бугила хъваралда гъорлъ авторас лъураб магIна бати. ГIайибияв вугищ гьечIищали хIукму диваналъ гьабизе кколила. Экспертас хал гьабулила динияб ва миллияб гIаламат рехсон негативияб магIна гъорлъ бугищали. Гьебго заманалда, гьеб негативияблъун цо-кIиго чияс гуреб, жамгIияталда гъорлъ гьединаблъун рикIкIараб букIине кколила.

Дагъистаналда, жиндир заманаялъ, юстициялъул Министерлъиялда цебе гIуцIун букIана гьединаб, лингвистикияб экпертиза тIобитIулеб идара, амма гьеб къана. Жакъа Дагъистаналда гьединаб экспертиза тIобитIулеб идара гьечIин, аслияб куцалъ цогидал регионазда тIобитIулин гьебилан баян гьабуна «Эркенлъи» радиоялъе «Черновик» газеталъул журналист МухIамад МухIамадовас.

Гьеб цIияб къануналъул хIасил кинаб букIинабали жакъа абизе кIоларин, амма регионалиял гIисинал информалатазе захIмалъизе бугин жидерго позиция цIунизейин рикIкIунеб буго гьес.

МухIамад МухIамадов: « Гьеб къануналъул хас гьабун хал гьабизе бегьуларо, гьелъухъ хал гьабизе ккола жакъа Россиялда ругел информалатазул ругел гIунгутIабигун, захIмалъабигун цадахъ. КIудияб кIвар буго гьединаб лингвистикияб экспертиза тIобитIулел гIадамазул, щайин абуни, бокьарал материалалда гъорлъ экстремистияб магIна бугин хIукму гьабизе бегьула, гьеб экспертиза низам цIунулезул рахъалдехун гьетIараб бугони. Федералиял чIахIиял информалатазул эркенаб, лъидаго хъвачIеб экспертиза гьабизабизе рес бугониги, гIисинал информ-алатазул гьеб букIунаро. Гьединлъидал, гIисинал регионалиял газетал ва цогидал сурсатазе гьеб гIизагIан кIвар бугеб экзамен букIине буго гьеб. Цояб рахъалъ гьел тIуран хIукуматалъул политикиял интересал цIунулел лъугьине ккола, яги гьез захIмат бихьун, лъиего къабул гьечIеб информалатлъун хутIизе рес буго. Жакъа рес бугел информ-сурсатал ккола, аслияб куцалъ, хIукуматалъулал. ХIукуматалъул гурел федералиял чанго ратаниги, регионалиял гьечIо, гьединал штрафал кьезе рес бугел. Гьединлъидал, кинаб букIинеб гьелъул хIасилали абизе захIмалъула».

Хъвалеб жоялда гъорлъ, конституциялдаса росарал рагIаби хъваниги, масала, кверщел халкъалъухъ букIине кколин абун, гьеб рикIкIине рес бугила экстремизмалъул хIужаби гъорлъ ругеллъунин баян гьабуна журналистас.

Гьеб къанун, жинда бихьухъе, бугин хIукуматалъул гурел информалатазда данде бахъараб, щайин абуни, жакъа медиа ва информ-сурсатазул монополия гьабизе бокьун бугин хIукуматалъейин рикIкIунеб буго юрист Бияхъай МухIамадовас. Гьесул пикруялда жакъа мухIкан гьабун щиб кколеб экстремизм абураб жо бичIчIулеб гьечIила журналистазда.

Бияхъай МухIамадов: « Гьел законал рахъун, цониги хIасил бугел гьечIо. 10 миллионги бегьула, 100 миллионги бегьула гIакIа бахъизе. Гьеб буго хIукуматалъул гурел газет-журналазде данде бахъараб къанун. Жакъа, магIарулал лъикIал ругин, даргиял квешал ругин абулел чагIазухъа гьеб гIакIа бахъизе разияв вуго дун, гьеб ккола экстремизм, амма хIукуматалъул позициялда данде кколареб хъвараб жо экстремизм бугилан абун рикIкIунеб буго. ЦоцIул гьединаб гIакIа бахъулеб бугони, жакъа газетазул букIунаро миллион гъурущ. Гьел къала, лъугIула. Журналистазда гъорлъ баккула самоцензура».

Гьедин, хIукуматалъе данде кколареб рагIи аби гьукъиялъ рачунила революциялде, гьелъул мисал бугила Ливия ва цогидал улкабийин баян гьабуна юристас.