Немцовасул докладалъул презентация букIине буго

Илья Яшиница бихьизабулеб буго "Путин. Рагъ" ян абулеб Борис Немцовасул къватIибе биччараб доклад.

Кремль какулезул хиял буго Украиналда халат бахъунеб рагъул хIакъалъулъ Борис Немцовас хIадур гьабураб доклад загьирабизе. Гьедин лъазабуна нижер радиоялъе политикияв хIаракатчи Илья Яшиница.

Исана 25 февралалъул къаси мехалда оппозиционияв политик Борис Немцов жиндирго гьалмагъ Илья Яшинил рукъове вачIун вукIана Украиналда унеб рагъда Россиялъул солдатал гIахьаллъиялъул проблемаялда тIаса жинца хIадур гьабураб докладалъе къимат кьеян гьари мурадалда.

КIиго къо ун хадув Немцов речIчIун чIвана Кремлялда аскIоб бугеб кьотIа. Немцов кколаан Россиялъул президент Владимир Путинил политика гьоркьоса къотIулареб къагIидаялъ какулев оппозиционер. Нижер радиоялъе интервью кьолаго, Илья Яшиница абуна, гьанже жинца жиндирго налилъул рикIкIунеб бугин Борис Немцовас хIадур гьабураб доклад рукIкIалиде ккезабун, къватIибе биччазе.

«Путин. Рагъ», ян цIаралда гъоркь бугеб гьеб докладалъул цо гьитIинаб бутIа басмаялда кьабун буго. Гьелъул презентация тIобитIила 12 маялда.

Илья Яшин: «Нижеда цере кIудиял проблемаби руго, басмаханабазде хIакимзабаз тIадецуй гьабулеб буго, амма кин бугониги нижеца кIванагIан кIудияб хIаракат бахъула ва тIубанго тираж май моцIалда къватIибе бахъизе буго. Борис Немцовасулгго букIараб гIадаб хIалбихьи нижерги буго».

Докладалъул магIна гIадамазул дагьаб къадаралда гурони, тIокIаб лъиданиги лъалеб гьечIо габсагIат, амма нижер радиоялъе къокъ гьабун, Илья Яшиница абуна, гьелъулъ журан ругин Украиналда бугеб Россиялъул рагъулаб техникаялъул хIакъалъулъ цо-цо документал.

Гьеб гуребги, ругин дора чIварал Россиялъул аскариязул цо-чанго гIага-божаразул интервью.

Борис Немцов чIван хадусала гьесул рукъоб чIухь бан, тIубараб архив нахъе босана низам цIунулез. Гьадин лъазабуна журналистазде Борис Немцовасул гьалмагъзабаз. Аммаила, абулеб буго Илья Яшиница цо-цо документазул копиял жидехъ цIунун хутIанин ва жидеца гьел рукIалиде ккезаруна.

Ратун руго Немцовасул цо-цо кагътал. Масала жиндирго кумекчIужу Ольга Шориналъухъе квералъ хъвараб гьадинаб къокъаб кагъат хутIана: «Цо-цо десантниказ дунгун бухьен гьабуна. 17 десантник чIван вугилан. Мухь кьолеб гьечIилан. Амма гьабсагIат жал хIинкъулел ругин мухIканлъи кьезе».

Кремлалъ нахъ чIвалеб буго официалияб Киевалъ ва Магърибалъул улкабаз гьелде гIунтIизабулеб гIайиб – Украиналда Россиялъул рагъулаб техника ва рагъулал хъулухъчагIи ругин абураб.

Илья Яшинил рагIабазда рекъон жидеда ва жидерго ишцоязда кIванин Борис Немцовасул контактал ратун, гьел гIадамазулгун бухьенал тIад чIезаризеин.

Аммаила, Немцов чIван вукIиналъ гьел гIадамал тIадеги хIинкъун ругоан. Жидеда кIвечIин гьел кIалъазаризе.

«Нижгун кIалъана гьел, ва гьез нижехъе къиматаб информация кьуна, амма жамгIияталда цебе калам гьабиялдаса гьез инкар гьабуна, гьелдалъун бан бугин хIинкъиялъул щулияб къед, ва гьеб буго нижеда цебе бугеб кIудияб квалквал» - ян абулеб буго Илья Яшиница.

Докладалъул цебеккунисеб презентация тIобитIила Борис Немцовас кьучI лъураб РПР-ПАРНАС абулеб партиялъул Москваялда бугеб штаб-рукъоб.

Хасго гьенир жиндир заманалда тIоритIана Немцовасул цогидал докладазул презентацияби – аслияб къагIидаялда Сочиялда Олимпиадаялда хIадурлъи унеб мехалда бижараб коррупциялъул хIакъалъулъ.

Докладалъулъ жиндирго бутIа лъуна Россиялда цIар арал журналистал «КоммерсантЪ» газетаялъул мухбир Илья Барабановас, «Яблоко» партиялъул гIахьалчи Лев Шлосбергица ва цогидаз. Гьав Шлосберг вахIшияб къагIидаялъ вуххун вукIана щалали лъаларез дагьалъ цеве.

Илья Яшиница гьединго лъазабуна кватIичIого Немоцовасул доклад интернеталда загьирабизе бугин. Ва хьул бугин он-лайн къагIидаялъ гIарацги бакIкIарун, кIудияб къадаралда тIехь къватIибе биччазе.

2010 соналда полициялъ ккуна жаниб нусазаргогIан экземпляр бугеб Борис Немцовасул докладгун автомобиль ва тIубанго конфискация гьабуна. Доб докладалда Немцовас бицен гьабуна Путинил президентлъиялъул анцIго соналда жаниб бижараб коррупциялъул хIужабазул. Доб доклад интернеталдаги загьирабун букIана ва гьелда чанго кибергьужум гьабун букIана.

Амма гьадинал хьул къотIулел мисалал ругониги, Яшиница абулеб буго жив божулеб бугин гьаб докладалъ дунялалда кIудияб дандерижи багъаризабиялда. Асалияб мурад бугин – гьереси тIатинаби.

Илья Яшин: «ТIадтараз абулеб буго Украиналда Россиялъул аскариял гьечIин, нижецаин гьелъул гIаксалда – ругоян абула».