Школазда гIарац бакIари тIагIунеб гьечIо

dagestan - school

Санайил улбузухъа школалъул хIажалъалабазе бакIарулеб гIарац 7 азарго гъурщиде баханин исанайин абулеб буго улбуз. Къануналда рекъон, улбулгун школалъул тIалъиялъ къотIи-къай хъван, гьезул гIаммаб разилъиялда гурого школалъул хIажалъалабазе гIарац бакIаризе изну гьечIо, амма гьеб хIисабаде киналго цIалул идарабаз босулеб гьечIо.

Школалдаса рокъобе классалъул нухмалъулелъ гъоркь гъулбас гьабураб кагъат бачIанила ясалъ босун, гьелда рекъон 3000 гъурущ кьезе кколила школалъул хIажалъалабазе, гьеб бугила цIалул сон лъугIидал школалда ремонт гьабизе ва цогидал хIажалъалабазе бакIарулеб гIарацин абулеб буго ГIайшатица.

Гьелъул яс цIалулей йиго МахIачхъалаялъул 40 школалда. Цо нухалъ гуреб, чанго нухалъ бакIарулила школалъ гIарац батIи-батIиял гIиллабаздалъун, кьечIони лъимадехун батIияб бербалагьи букIинин кьолила гьеб улбуз.

Школа цIунулел хIукуматалъул гурел цIуна-къаялъул гIуцIабазул хIалтIухъабазе, ремонталъе, горда разе жал росизе, учительзабазе сайигъатазе - гьел кколел руго аслиял хIужаби школалъ улбузухъа гIарац бакIариялъе.

МахIачхъалаялъул 37 школалъул цIалдохъабазул эбелалъ бицана гIемерисеб мехалъ гIарац бакIари тIаде босулин щибаб классалда букIунеб школалъул кверчIваялъул советалъ. Гьеб гIуцIун букIунила цIалдохъабазул цо-цо улбуздасан. Гьелъие бокьичIо жиндирго цIар абизе. Рес бугезги гьечIезги кьезе кколила гьеб гIарац.

Къануналда рекъон, гъоркь гъулбас гьабураб къотIи хъвалеб бугониги, чанги улбуз гьеб хъвалила жидер лъимал школалда къабихI гьариялъухъа хIинкъун, гурого чара букIунарила.

Щибаб соналъ бакIарулеб ругьунаб гIарцуде тIаде школа лъугIун унел цIалдохъабаз жеги тIадеги бакIарулин бицана «Эркенлъи» радиоялъе МухIамадова Хадижатица. Гьелъул ясалъ исана лъугIулеб буго школа.

МухIмадова ХIадижат: « Учительницаялъе, школалъе, гIисинал цIалдохъабазе сайигъатазе бакIарана гIарац. ГIаммаб куцалъ 7-8 азарго гъурущ ана дир».

Гьеб гIарац кколеб буго цIалул соналъул авалалда школа цIунлел чагIазе бакIарараб гIарац малъичIого. Щибаб школалда ругел хIукуматалъул гурел цIуна-къаялъул гIуцIабазул хIалтIухъабаз щив лъидасан цIунулеб бугебали бичIчIуларин, гьезул гIемерисел гьеб хIалтIуде данде кколелги рукIунарир абулеб буго улбуз. Гьединго бичIчIулеб гьечIо кинаб кьочIода гьел росулел школа цIунизеяли.

Араб соналъ МахIачхъалаялъул Советский мухъалъул кинабниги 20 школалъе Дагъистаналъул Прокуратураялъ гьабун букIана лъазаби, школалда гIарац бакIари лъугIизабизе.

Амма жакъа къоялъги щибго хисараб жо гьечIин, гIицIго гьанже гIарац кьолаго цадахъ гьеб нижеего бокьун кьураб бугин абураб кагъат гъулбас гьабун кьей гуронийи абулеб буго Джалалова Эльмираца. Гьелъул вас унев вуго МахIачхъалаялъул 8 школалде.​

Джалалова Эльмира: « Дир вас исана 5 классалде вахъана. 4 класс лъугIидал гьабураб улбузул данделъиялда гьоркьоб лъун букIана суал кинав классалъул нухмалулесда цеве кинав цIалдохъан кколевали. ТIоцебесеб классалде вас кьолаго 1000 гъурущ кьун букIана нижее бокьарав мугIалимасда цеве гьев ккезе вукIине.

Амма гьеб гIарац нижеца нижеего бокьун кьураб буго. Исана цойги тIаде кьезе ккана тIахьал росизе гIарац, щайгурелъуд цIияб программаялда данде кколел тIахьал гьечIогон школалъул, гьелъ гьел росизе кколел руго улбуз. Исанна дица цо течIогон тIехь бичун босана».

Школаз гIарац бакIариялъул хIужаби лъазаризе МахIачхъалаялда гIадамал къабул гьарулеб жамгIияб идараялъул телефон кьун буго информ-сурсатазда, араб соналда жаниб гьенире гIицIго 34 гIарз гьабун чи кIалъан вуго.

Гьел киналго хIужабазда хурхун тIоритIанила халгьабиял. Гьеб идараялъул вакилзабаз лъазабулеб буго, Лъай кьеялъул къануналъул 32 статьяялда рекъон, батIи-батIиял хIажалъалабазе кколеб къотIи-къай хъвачIого ва школалъул бухгалтериялда гьеб гIарац бихьизабичIого бакIарулеб бугони школалъул хIалтIухъаби тамихIалде цIалилан.