Дербенталдаса Къараханов МухIамад тIагIаралдаса лъабго моцI балеб буго

Дербенталдаса Къараханов МухIамад тIагIаралдаса лъабго моцI балеб бугониги, гьев валагьиялъе низам цIунулез щибго гьабулеб гьечIин абулеб буго виларасул эбелалъ. ТIагIун хадув вагьабиязул сияхIалде жиндир вас восун вукIин лъайдал, ихтиярал цIунулезул ва жамгIияталъул кумекалда гьев валагьизе лъугьун йигила жий.

Гьал къояз «Мемориал» абураб ихтиярал цIунулеб гIуцIиялде араб бакI лъачIого тIагаIарав вас валагьизе кумак гьарун ячIун йиго Къараханова Кизилгюль. Гьей гIаданалъул гIарза къабул гьабунин лъазабулеб буго «Мемориал» гIуцIиялъул вакил Сиражудин Дциевас.

20 Сон барав МухIамад Къараханов тIагIаралдаса лъабго моцI балеб буго 6 августалда, амма гьев валагьиялъе низам цIунулез гьабулеб жо щибго гьечIила. Вас тIагIун вукIиналда бан гIарза босун Жанисел ишазул бутIаялде жий индал, гьев тIагIун вугин абидал жинда тIоцебе цIехараб жо кканила гьес как балеб букIарабищалийин бицана Кизилгюль Къарахановаль «Эркенлъи» радиоялъе. МухIамад Къараханов тIагIиналда бан гьадин баян гьабуна гьелъ.

Кизилгюль Къараханова: « Май моцIалъул авалалда дун йикIана Москаялда, 5 къоялъ гьесухъе кIалъаядай, гьев цо хIал хисун вукIана, суалазе жавабалги цо батIаго кьолел рукIана. МухIамадил гьитIинаб къоялдаса нахъе буго гьуърузда хурхараб унти - астма, гьелъ гьев къватIивего вахъунароан, дове-гьаниве унев вугониги, лъазабичIого толарона.

Нахъияб къоялде гьес телефон борхичIо,къасиялде мадугьалалъ ахIун бачIана нужер гIагарав Балакеримов Тажудин вачун ун вугин, гьелдаса хадуб, нахъияб къоялъго дун тIадюссана рокъое, гьенив вас вукIинчIо, рукъги гьабсагIат нахъвуссун вачIине чи арав гIадин букIана.

Вас тIагIиналда хурхун гIарза босун Жанисел ишазул бутIаялде дун индал, дие тIоцебе кmураб суал ккана как балеб букIарабищила гьесилан».

ХIалтIухъабаз танкан абунила гьев яги рохьов, яги Сириялде ун ватулин, гIарзаги къабул гьабулеб букIинчIила, прокуратураялдасан кингоги гIарза босанила гьез, цинги рокъореги рилълъанила цадахъ, чIухь балеб букIиналъул цIарго бахъичIого бегуниса бахъанила мина, гIодор тIамурал жалазда, диваназда жанирецин раккун, амма гьезда батараб жо щибго ккечIила.

БакIалъул гIадамаз Къарахановалда бицун буго, 4 маялда гьезул рагьдаса къватIире лъабго гIолилал рачIунаго тIад маскIаби хурал чагIи хадур лъугьун, гьезул кIигоял кколел ва гьел цIакъ рухун, машинаялъул къазарун рачун унел рихьун ругила.

Къараханова Кизилгюль: «УАЗ машинаялда ва приораялда рекIарал чагIаз ккун вачун ун вуго кIиго чи. Мадугьалалъ бицухъе, гьезул цоясда тIад букIараб ретIелалда рекъон цояв дир вас кколев вуго. Вас викъун, тIагIун вукIиналда хурхун такъсир гьабиялъул иш рагьеян гьарулеб буго дица, амма жакъа къоялъги рагьулеб гьечIо, гьез абулеб буго жидеца хIалтIи гьабулеб бугилан.

Дица нижер мухъалъул участковыясда цIехана, бицейин бугищин дир васасда хурхун кинабгIаги гьукъараб жо гьес гьабиялъул хIужа, яги киниб букIаниги сияхIалда вукIанищин гьевилан, щай гурелъул Балакеримов вукIана вагьабиязул сияхIалда, гьев нижер рикIкIадасеб гIагарлъиялъул чи ккола.

Амма дир вас кинабгIаги сияхIалда гьечIин, щибго бегьулареб жо гьабиялъул хIужаги гьечIин жаваб гьабуна дие. Жанисел ишазул бутIаялдаги букIинчIо, кинабгIаги информация, гьанжейин абуни гьесул цIар гьеб сияхIалда бугилан абулеб буго. Яги рохьов ватулин, яги Сириялде ун ватулин гIадмал чIвазейин чIезабулеб буго гьез, кин гIанкIоцин хъвезе кIоларев чи гьениве уневилан цIехедал, дие жаваб кьолеб гьечIо».

ЦебегIан, КъурахI мухъалъул рохьахъ рохьихъан чIваялда хурхун гьабураб хасаб операциялдаса хадуб Къарахановалъухъа ДНК анализ ун руго, гьенив гьелъул васги ватизе рес бугилан абун, ама кIиго моцI баниги гьелъулги нахъияб рахъ лъалеб гьечIо. ХIал гьабун, гIазаб кьун хвезарурал гIадамал хасаб тадбирал гьарулаго чIванилан абун лъазарулел ругила низам цIунулезин абулеб буго Кизилгюлица.

Ахираб лъабго моцIида жанив Дербент шагьаралда тIагIарал 7-8 чиясул ункъоял ратун ругила хасаб операциязда чIварал. ГьабсагIат жиндир вас кинаб букIаниги хасаб операция тIобитIулаго чIванилан ватанани, жинда бичIчIизе бугила гьев гIазаб кьун чIван рехарав вугеблъи.

ГIадатиял гIадамазда кинабго бичIчIулила, амма лъидаго рагIун абизе кIолеб жо гьечIин, абизе хIинкъулелги ругин абулеб буго эбелалъ. Гьедин, хасаб операциялдаса хадуб чIваразда гъорлъ Балакеримов ватIа вахъизе моргалде индал бихьулеб букIинила гьесул кверазда жемараб скотч ва цогидал, кинго хасаб операциялда чIварал гIадамазе хасиятал гурел гIаламатал.

Гьединго, «Эркенлъи» радиоялъе бакIалъул гIадамаз баян гьабухъе, КъурахI мухъалда хасаб операция гьабулаго чIварав Пашаев Замирил эбелалъе хIинкъаби кьун руго низам цIунулез гьел руцIун чIезе рукIине. Замирил эбел Айханум къаировалъ вас чIван нахъе кьоларогон вугин ва гьев гьенив чIварав гурев, чIвазеги чIван рехун вугин гьенивейилан лъазабун букIана.