Москваялъул Пачалихъияб университеталъги дагъистаналъул нухмалъиялъги къотIи-къай гьабун буго гьеб цIалул идараялъ дагъистаналъе махщел камилал хъулухъчагIи хIадур гьаризе. КIвезе бугиш улкаялда бищунго къадруябин рикIкIунеб тIадегIанаб цIалул идараялда экономикияб рахъалъ нахъе ккараб регионалъе лъикIал махщелчагIи хIадур гьарун? Кинаб даражаялда рекъон борцине бегьулеб жакъа дагъистаналдаса гьенире цIализе ритIизе ругел студентазул лъай.
Дагъистаналъе хIажат руго Москваялъул Пачалихъалъул университеталъул кумек, гьениб щвараб лъай камил гьабулел махщелчагIи, нижеда ракIалда буго гьенире студентал ритIизе? нижеда ракIалда гIемераб жо буго - гьедин абулеб буго Москваялъул Пачалихъияб университеталъул нухмалъулев Виктор Садовничиясулгун гьабураб къотIи- къаялъул хIакъалъулъ Дагъистаналъул нухмалъулес гьабураб кIалъаялда.
Гьеб къотIиялда рекъон МГУялъ тIаде босулеб буго дагъистаналъе махщел камилал хъулухъчагIи хIадур гьариялъул масъала тIубазе. Республикаялъул батIи-батIиял бутIабазе хIажатал махщелчагIи камил гьаризе гьенире ритIизе Дагъистаналъги тIаде босулеб буго. Мисалалъе МГУялде ритIизе руго Дагъистаналда пачалихъияб цIалул идара лъугIун тIадеги махщел камил гьабизе бокьарал студентал.
Жакъа МГУ рикIкIуна Россиялъул тIадегIанал цIалул идарабазда гьоркьоб лъай кьеялъул даражаялъул рахъалъ цебесеб бакIалда бугеб ВУЗлъун. Советияб заманалдаса байбихьун гьенире цIализе лъугьине цIакъго тIасарищарал чагIазда гурони кIоларилан абураб хIакъикъат жакъаги буго ссиялда. Гьединлъидал бажаризе бугищ Дагъистаналда цIалун рахъарал гIолилазухъа улкаялда бищунго къадруяб тIадегIнаб цIалул идараялда лъай камил гьабизеян абураб суал хутIулеб буго рагьараблъун. Гьелда тIасан нижеца гара-чIвари гьабуна Мосвкаялда гIумру гьабун вугев Гъуниб мухъалъул Гьонода росулъа Эльдаров Чупалавгун. Жиндир заманалда гьес лъикIал къиматаздалъун лъугIизабуна МГУ ялъул био-инженерия абураб факультет. ГьабсагIатги гьенивго аспирантураялда цIалун лъай камил гьабулев вуго гьев, цадахъго хIалтIулев вуго университеталда аскIобго бугеб гIелмиял цIех-рехаk гьарулеб институталдаги.
ХIакъикъаталдаги жакъа МГУялъуги Дагъистаналъулги гьединаб къотIи-къаялдаса пайда босизе кколин рес бугев чияс. Амма жакъа дагъистаналъул щибав кIиабилев чиясул мурад букIунин дагьаб хIалтIги гьабун гIемерав гIарац щвезе гьелъ кIудияб квал-квал гьабулин гьезие цIалулъги, цIалун хадуб хIалтIи балагьулагоги рикIкIунеб буго Чупалас.
Эльдаров Чупалав: «МГУялъ кьолебщинаб босулел чагIи ратани жакъа Дагъистаналда, чанги жо хисизабизе кIола гъоба. Гьедин гьабунани лъикIабги букIинаан, амма кинабго гIаксалда ккезеги бегьула. ГIарцудасаги бечелъиялдасаги аслияб жо гIелмуги лъайги букIин бичIчIизабизе кIвани чиясда гьеб букIинаан бищунго рохизе ккараб жо. Гьеб кинабго бараб буго жидедаго, цIализе ракIалда бугев чиясда».
Чупалас жинцаго тIасабищараб махщел цIияб жо ккола Россиялъул гIелмуялда жанибги. Нижеца гьесда гьикъана гьеб махщалида рекъон Дагъистаналда хIалтIизе вачIине ракIалад гьечIищин дудаян. Дие бищунго бокьилаанин дирго ватIаналда ракьцоязе пайдаялъе гIоло хIалтIизе, амма гьелъие хIажатал шартIал жакъа дагъистаналда гьечIилан абулеб буго Чупалас.
Эльдаров Чупалав: «ГIарцуе гIоло гуреб, гIадамасул гIумруялда жаниб ва инсанияталъул тарихалда жаниб лъикIаб рахъалдехун цо щиб букIаниги хисизабизе кIолеб букIиналда божулел чагIи гьенир ругони воххуца холаго инаан дун Дагъистаналде. Амма жакъа дида гьединал гIадамалги гьединаб ресги бихьулеб гьечIо ватIаналда. Гьеб гуребги дица цIалараб лъайги гIелмуги гIадада течIого гьеб хадубккун камил гьабизе, гьеб хIалтIизабизе бокьун буго дие, гьединаб ресин абуни жакъа гьаниб Москваялда ва гьеб бахун къватIибехун гурони бихьулеб гьечIо дида».
Дагъистаналъул нухмалъулевлъун москваялъ витIун вачIиндал ГIабдулатIиповас абулеб букIана лъикIал лъай бугел гIолохъанал махщелчагIи цIазе ругин Дагъистаналде россиялда ва улка тун къатIирехун жидерго махщел камил гьабулел ругел. Амма цIияб хIукуматалъул кабинет гIуцIулагоги цIиял чагIи гьенире тIамичIо, гьелде данде ГIабдулатIиповас абуна лъай бугел чагIи жинда ратичIин, гьел хIадур гьаризе абуни заман къваригIунилан. Гьеб мурадалда гьабураб къотIи-къай бугищ ГIабдулатIиповас Москваялъул ТIадегIанаб цIалул идарагун ва кинаб рес бугеб гьеб масъала гIумруялде бахъинабизе абураб суалалда тIасан жиндирго пикру «Эркенлъи» радиоялъе загьир гьабуна лъай кьеялъул хIалтIухъабазул махщалил цолъиялъул нухмалъулев ГIамиродинов МухIамадица. Республикаялда щибаб соналъ ЕГЭ сабабалъун гьадинги ижитаб бакIалде ккун бугин лъай кьеялъул рахъ, Москваялде щвезегIанги ун гьенибги нилъерго гьечIеб лъай сабаблъун нилъго чияда сурараб жо ккезе бегьулин гьелъулилан рикIкIунеб буго МухIамадица.
ГIамиродинов МухIамад: «Ричун росарал ЕГЭялъул балалгун хIакимзабаз жидерго лъималги къазаризе руго дора, заман ун хадуб гьеб кинабго тIатараб мехалъ цIалулеб бакIалдаса нух гьездаги бихьизабизе буго. БатIияб рагIи буго букIине кколеб куцалъ конкурсги тIобитIун, ЕГЭялъул хIасилалда лъикIал къиматал щвани. Гурого гIарац гIемерал тIадчагIаз жидерго лъималги гьенир къазарун, кIиго лъабго соналдасан МГУялъ абизе буго гьадинаб къотIийщин нилъер букIарабилан?».
Жакъа МГУялда ругин цIалулел Дагъистаналдаса гIолилалан бицана нижее тIадехун бицен гьабурав Чупалас. Аслияб куцалда гьел ругин экономисталгун юристазул махщалие цIалулел. Амма гьезул гIемерисезда ракIалда бугин цIали лъугIун хадуб Москваялда, рес щвани къватIиса хIукуматалде ун жидеего хIалтIи балагьизе, Дагъистаналде тIадруссине бокьарал чагIи цIакъго дагьал гурони гьечIин.