Дагъистаниязул "аслияб" спорт "хIакъир" гьабизехъин буго

Исана сентябралда Кавказалъул хIаязда дагъистанияз тIоцебесеб бакI босичIони, хъулухъаздаса рахъизе руго спорталъул министерлъиялъул киналго хIакимзаби. Гьединго Олимпиялъул хIаязда гьоркьоса гугари нахъе бахъизеги рес буго. Гьелда тIасан букIана 13 февралалда дагъистаниязул хабар.
Кавказалъул хIаязда бергьинчIони республикаялъул спорталъул министерлъиялъул киналго хIакимзаби хъулухъаздаса рахъилилан лъазабуна заманаялъ Дагъистаналъе нухмалъи гьабизе Москваялдасан витIун вачIарав Рамазан ГIабдулатIиповас. Гьел хIаязда тIоцебесеб бакI щвараб командаялъе кьезе рагIула 100 млн гъурущ. Амма гьелде щвелалде гьаризе кколел хIалтIаби гIезегIан ругин абуна Р. ГIабдулатIиповас. Масала, бан бахъинабизе кколила Спорталъул КIалгIа. ГIезегIан сонал ругила гьеб лъугIуларого. Киндила гьебщинаб заманалда жаниб спорталъул цо объект бан лъугIизабун бажарулареб? Гьелъие гIарац гьчеIин абулеб буго спорталъул министрас.
Гьединго Рамазан ГIабдулатIиповасе къваригIун буго хех гьабун "Труд" абулеб стадионалда гьарулел реконструкциялъул хIалтIаби лъугIизаризе.

Ццим бахъукье абун батааниги, яги ургъунго спортсменаз хIаракат бахъизелъун абун батаниги, ГIабдулатIиповас хIакимзаби хъулухъаздаса нахъе къотIилин кколеб гьечIо Сажид Сажидовасда. Гьев ккола Дагъистаналъул гугарухъабазул тIаса бищараб командаялъул бетIерав тренер.

Сажид Сажидов: "Календаралда рекъон гьарулел жал рукIуна къецал. Гьанже лъагIел бакьулъе щвараб мехалда гьединал масъалабиги цере лъун, щиб гьелъул кколебали дида лъаларо... Жибго спорт бугоха, жакъа къун, метер бергьун рукIунеб жо. Гьединлъидал цо къецазда къунилан киналго спорталъул хIакимзаби нахъе рахъи битIараб гьечIо. Амма спортсменаз тIадеги жигар бахъизелъун абун батани, гьбеги лъикI буго".

Гьединго Дагъистаналъул гугарухъабазул рахIатхун буго Олимпиялъул хIаязда гьоркьоса гугари нахъе бахъилилан. Гьединлъидал Олимпиялъул халкъазда гьоркьосеб комитеатлъ гьединаб хIукму гьабунгутIиялде хьул буго гьезул. Дагъистаналда бищун гIемер руго Олимпиялъул хIаязда меседил медалал щварал гугарухъаби. Гъоркьисала Лондоналда гьабураб Олимпиадаялда Россиялъул гугарухъабазе щвана 11 меседил медаль. Гьезда гьоркьоса ункъо буго меседил.

Pablic Post абулеб информалаталъе Дагъистаналъул спортивияб гугариялъул федерациялъул вице-президент Абшин Абшиновас бицунеб буго республикаялда гугариялъул тренировкабазде хьвадулин гьоркьохъеб куцалда I30 азарго чи. Гьезул гIемерисезул анищ бугин Олимпиадаялда бергьине. ХIисаб гьабейин цо, Олимпиадаялдаса гугари нахъе бахъани, гьевщинав чиясул хьулал хIорлъизе ругин.

Амма Олимпиялъул комитеталъ гьединаб хIукму гьабиларин абураб хьул буго ГIалимухIамадов МухIамадилги. Гьев ккола Дагъистаналъулги Россиялъулги даражаялда гугариялъе цересел бакIал щварав Гъуниб мухъалъул Гьонодаса гIолохъанчи.

ГIалимухIамадов МухIамад: "Жеги чIванкъотIун чIезабураб жоги гьечIо. ЧIахIи-чIахIиял, машгьурал тренераз, Масала, Мамиашвилицаги цогидазги абулеб бугоха жеги гьенир гьоркьор кIалъазе ругин цо-цо чагIи. Гьелдаса хадуб хутIизеги бегьулин гугари Олимпиадаялда. Америкаялъулазе бокьуларого батилаха медалал Россиялде унел рукIин... Жеги щивниги гьелда божулевги гьечIо. Божилищха, хьул букIунелъул... Нагагьлъун Олимпиадаялдаса гьеб тайпа нахъе бахъани, гугарухъаби цере рахъунеб бищун кIудияб къец дунялалъул чемпионат букIина".