Пресс-хъулухъал пиар-хъулухъалда

Дагъистаналда пресс-хъулухъал хIалтIулел гьечIо Республикаялда батIи-батIиял министерлъабазда, бакIалъул администрациязда цере рагьарал пресс-хъулухъал хIалтIулел гьечIо. Гьез къватIибе кьолеб информацияги кутакалда бегIукъаб, хъарцинаб букIунеб буго.

Дагьабниги гьеб информация къватIибе кьолел пресс-хъулухъазги жидерго хIалтIи пиар-акциялде сверизабун буго. Масала, пуланав министр гьаниве, дове ана, цоги щибалиго гьабуна абураб жо информация гуро. Гьелъие гIиллалъун кколеб буго пресс-хъулухъазда хIалтIулел чагIи журналистал гурел, цере ккарал чагIи толел рукIин, яги цо хъулухъалда хIалтIун херлъигун, рокъоре ритIизе намуслъарал гIадамал. Гьединаб магIнаялъул кIалъаяздаса байбихьана 9 июлалда МахIачхъалаялда Миллияб библиотекаялда тIобитIараб данделъи.

Пресс-хъулухъазде цIакъго гъегъ балеб букIана Дагъистаналъул нухмалъулесул информациялъул бутIаялъул нухмалъулей Тамара Чиненнаялъ.

Тамара Чиненная: «ГIемерисел министерлъабазда кутакалда захIмалъизабун буго информация тIибитIизабулел алатазухъе информация щолеб къагIида. Сайталда гьеб лъезе ккани, гьеб суал дандбазе ккола министерлъиялда хIалтIулев чанго хIалтIухъанасда. ГIадатиял пресс-релизалгицин кватIун гурони ритIун рачIунаро. Гьедин информациялъул къиматги хола, гIемерисел информалатаз гьеб информациялдаса инкарги гьабула».


Пресс-хъулухъазда толел чагIи гIолохъаналги, гьеб хIалтIи унголъунги лъалелги, тириялги гIадамал рукIине кколин рикIкIунеб буго журналист ва Газпромалъул Дагъистаналда бугеб филиалалъул пресс-секретарь Сапият МухIамадовалъ. Гьезул гIумрудул соналги 35-40-лъа рорчIарал рукIине кколарин абулеб буго гьелъ.


Сапият МухIамадова: «Пенсиялде ритIизе заман щолел чагIи рукIине бегьуларо гьединал хъулухъазда. Нилъер гьанирин абуни хIалхьиялде ритIизеги нечон, кир рукIанигийин къазарула гьел. Масала, пресс-хъулухъазул нухмалъиялда. Дагъистаналда кутакалда машгьурлъи щварал социалиял сетазда хIалтIизеги лъазе ккола гьезда. Жакъа гIумрудул бокьараб рахъалда кколеб щибаб хIужа тIоцебе гьел сетазде рехулин абизе бегьула. Гьединлъидал гьенир хIалтIизе ккани, хIажатаб къайи-цIаялдалъунги ккезаризе ккола пресс-хъулухъал. Информациялъул 50 процент кьезе бегьула сураталдалъун. Гьединлъидал лъикIал фотоаппаратал, планшетал къваригIуна. ГIемерисел пресс-хъулухъаздайин абуни гьел рукIунаро. Гьеб рахъалъ дир ракI рекъола Гъуниб ва Тарумовка мухъазул пресс-хъулухъал хIалтIулеб къагIидаялда».

Бокьараб пресс-хъулухъалдасан жинца тIалаб гьабулеб жо, тIоцебесеб иргаялда, жиндие къваригIараб информациялъе нахъбахъичIого жаваб кьей букIунин бицана ЭР-гун букIараб гара-чIвариялда «Новое дело» газеталъул журналист Сабина Мамаевалъ. Амма гIемерисеб мехалда кколила пуланаб пресс-хъулухъалъ жаваб кьунгутIиялъул хIужаби.
Сабина Мамаева: «АнцIгониги нухалъ ритIула доре-анире, ахирги щоларо хIажатаб жаваб, гьелъ кутакалда татуги хвезабула, нижер хIалтIуе кIудиял квекIеналги ккола. Гьединлъидал гьеб рахъалдеги кIварги кьун, прессагун цадахъ рекъон хIалтIани бокьилаан пресс-хъулухъал».

Журналисталгун цадахъ хIалтIулеб цо-кIиго лъабго гурони пресс-хъулухъ гьечIин бицана ЭР-ялъе тумазул «Илчи» абураб газеталдаса журналист Залму ХIасановалъ. Мисалалъе, газеталдасан Залмуца рорхула социалиял суалал. Амма социалиябгун захIматалъул министерлъиялъулги сахлъи цIуниялъул министерлъиялъулги пресс-хъулухъазулгун кинабгIаги бухьен гьабун бажарулеб гьечIин жидехъаян абулеб буго гьелъ.

Залму ХIасанова: «Лъаларо, гьезул хIалтIухъабийищ хIадурлъи гьечIел ругел, яги журналисталгун хIалтIизейищ гьезда лъаларебали. ГIурус мацIазда рачIунел газетазул журналистаздехун гьезул бербалагьи батIияб букIунеб батизеги бегьула. Дун ккола тумазул мацIалда бачIунеб газеталъул мухбир. ЙикIаниги щибха? Ниж щай махIрум гьаризе кколел информациялдаса. ПалхIасил, министерлъабазул пресс-хъулухъалго гIадин кутакалда квеш хIалтIулел руго батIи-батIиял мухъазул администрациязул пресс-хъулухъалги. РакI разияб жо дагьаб буго гьезул хIалтIулъги».

Пресс-хъулухъаз къватIибе кьолеб информациялда бараб букIунин Дагъистаналъул имиджгиян бицана Миллияб библиотекаялда букIараб данделъиялда информациялъул министр хисулев Зубайру Зубайруевас. Масала, РАПСИ агентлъиялъ тIобитIараб эксперименталъул мисал рехсана гьес. Цо кинабалиго суалги хъван улкаялда ругелщинал ТIадегIанал Диваназде кагътал ритIун руго гьелъ сайтазде. Анлъго минуталдасан жаваб кьун буго Россиялда бугеб цо Диваналъ. Гьелдаса хадусеб (кIиабилеб) жаваб букIун буго Дагъистаналъул ТIадегIанаб Диваналъ кьураб. Гьединан гьеб Диваналъул къимат борханин абуна Зубайруевас.