Урбанизация: шагьаралъул гьумер хисулеб буго

Урбанизациялъул процесс хехлъулеб буго. Амма, статистикаялъ бихьизабухъе, гIицIго Шималияб Кавказалъул росдал халкъалъул къадар шагьаралъулалдаса цIиккIараблъун хутIулеб буго гьанжеги. Гьелдаго цадахъ, специалистаз абулеб буго, жиб-жиб республикаялда гьеб процесс унеб бугин жиндирго къагIидаялдайин ва жиб-жибалъул бугин жиндирго хаслъийин.

Ахирисеб нухалда халкъалъул къадар рикIкIиналъул кампания тIобитIун букIана 2010 соналда, гьелда цебесеб букIана – 2002 соналда. Гьеб кIиябго компаниялда гьоркьоб росдал гIадамазул къадар гIаммаб къагIидаялда дагьалъго циIкIинецин цIиккана - 0,3 проценталъ. Амма кколищ гьеб тенденцияли, лъалеб жо гуро. Демографазул пикруялда, гьелъие хасаб цIех-рех гьабизе ккола.

Ставрополалъул регионалда унеб буго гIадатияб урбанизациялъул процесс. Шагьарал кIодолъулел руго, росаби баянго чIороголъулел руго.

Гьенир чIунтIарал росабазул къадар цIикIкIунеб буго хехал темпазда.

ГIагсаб процесс унеб буго Адыгеялда, Гъабардагун Балкариялда ва Шималияб Осетиялда. Гьениб шагьараздаса росабалъе гочунел руго гIадамал. Гьеб процессалъе «урбанизация» абураб терминцин данде кколарин, абулеб буго демографаз.

Гьелдасаги батIиял процессал унел руго Краснодаралъул регионалда, Чачаналъ, Дагъистаналда ва Гъарачайгун Черкессиялда. Гьенир гIадамазул къадар цIикIкIунеб буго росабалъги шагьараздаги.

Дагъистаналъул гIелмияб централдаса социолог Загьид ГIабдулагьатовас абулеб буго, гьел процессазда тамашаб жо щибниги гьечIин. Гьеб кколин гIадамаз жидее гIумруялъе санагIатал бакIал, шартIал ралагьиялъул ахир гьечIеб процессин. Гьесулго рагIабазда урбанизациялъул процесс битIахъе хурхараб буго демографиялъул суалалдаги регионазул нухмалъияз билъанхъизабулеб экономикиябгун социалияб политикаялдаги.

Загьид ГIабдулагьатов: «Дир пикруялда, Адыгеялда, Гъабардагун Балкариялда ва Шималияб Осетиялда шагьаралдаса гIадамал росулъе гочунел рукIиналъул багьана хурхараб буго ахирисел соназда загьирлъулеб кризисалда.

Шагьаралъул гIумрудул шартIал квешлъулел руго. ЦIиккIунеб буго коммуниалияб мухь, газалъухъ, лъехъ, хинлъиялъухъ багьа цIикIкIунеб буго. Хасго квен-техх, ретIел хиралъулеб буго. Шагьаразда лъималазул ахазул, школазул проблемаби тIадеги цIикIкIунел руго.

Гьебго заманалда добго Гъабардагун Балкариялда росабалъ гIадамазе лъикIал шартIал чIезарун руго. Руго хурзал, буго росабалъ лъин, газ, цогидал бигьалъиял. Шагьаралда ругел гIемерисезул росабалъ руго умумузул рукъзал, гьел гьенире руссунел руго ва шагьаралда ругел рукъзал кьолел руго ижараялъе».

ГIабдулагьатаовас абулеб буго, урбанизация квешаб яги лъикIаб букIунарин, гьелде абизе бегьулин тIабигIияб процессинцин. Аммайин рикIкIунеб буго гьес, жакъасел шартIазда урбанизациялъ жалго шагьарал, хасго Дагъистаналъул шагьарал хисизарулел ругин дагьалъ квешаб рахъалдехун.

МахIачхъала мисалалъе босун гьес абулеб буго, росабалъа рачIарал гIадамаз тахшагьаралъул гьумерго хисизабулеб бугин. Хасго рацIа-ракIиялъул рахъалдасайин.

Загьид ГIабдулагьатов: «ТIоцебе босани, шагьар цIакъ чурукаб буго. КIудияб росоялде буссун бугинцин абила дица. Цо-цо росабалъцин гьанибалдаса бацIадцин букIуна. Гьанир гьанже гIадамал кIвахIаллъулел руго ришни, жиндие бихьизабураб бакIалде рехизе.

Шагьар хисун букIин бихьулеб буго цо-цо гIадамазул ратIлиде, хьвада-чIвадиялде, хIалтIизабулеб мацIалде балагьунги.

ГIолохъаби рачIунел руго гьанире хIалтIи балагьизе, амма гьезда щаялиго кIочонеб буго жал росулъ гьечIеблъи, гьанир шагьаралъул, росабалъ рукIунелдаса батIиял, шартIалги къагIидабиги рукIунеблъи.

Дица росабалъ квешал гIадатал ругин абураб жо гуро гьеб. Амма жиб-жиб бакIалъул рукIуна жиндирго рукIа-рахъиналъул, хьвада-чIвадиялъул къагIидаби. ТIаде рачIаразул аслияб къадаралъ, хасго гIолохъабаз гьеб гIадахъ босулеб гьечIо, цIиял шартIазде ругьунлъизе гIамал гьабулеб гьечIо. Бищунго ракIалъе гIолареб жо – жидее эбел-инсуца кьураб тарбия кIочонеб буго. Гьеб кинабго ракIалде босун, абизе бегьула тахшагьаралъул гьумер хисулеб бугин.

Гьелъие квешаб рахъалдаса квербакъи гьабулеб буго гьединго, халкъ цIикIкIиналда рекъон, шагьаралъул инфраструктура гьатIилъизабичIого хутIулеб букIиналъги.

Урбанизациялъул процесс шагьаралъул батIрузда бараб буго бищунго дагь. Амма гьеб процессалъул лъалхъи букIунарелъул, гьеб ракIалде боси тIадаб буго гьезда.

Кинаб рахъалдехун сверизабуниги, шагьаралъул гьумералъул берцинлъи шагьаралъул бутIрузда гуреб бараб бугеб, гьеб тIоцебего бараб буго гьениб гIумру гьабун ругезул ва, кIвар буссинабун абила, тIаде рачIунезул жанисеб берцинлъиялда».