Щиб бугеб Дагъистаналъе Д. Медведевас кьолеб хасаб кIваралда нахъа?

Россиялъул хIукуматалъул нухмалъулев Дмитрий Медведевас Дагъистан цебетIеялъе тIоцебего кIвар кьезе кколел суалал рехсараб хасаб хIукмуялда рехсон руго росдал магIишаталъул, лъай кьеялъул, экономикагун туризмалъул, социалиял ва цогидал суалал. Щай гьединаб хIукму гьабун бугеб хас гьабун Дагъистаналда хурхун?

Медведевас гъулбасараб хIукмуялда рехсон буго кIвар кьезе кколеб 19 суал. Экономикадул ахIвал-хIалалъул халгьабун хадуб бихьулеб буго Россиялъул регионазда гьоркьоса Дагъистан ахирисел бакIазда бугеблъиилан хъван буго документалда. Амма Медведевас рикIкIунеб буго ахрисеб заманалда республикаялда хиса-басиял ругин ва цебетIеялъул рахъалдасан дагь-дагь ккун хIалтIи гьабулеб бугин.

Хасал федералиял программабазул план хIисабалде босулеб мехалда тIоцебе кIвар кьезе кколеб регионлъун Дагъистан чIезабеилан, хъвалеб буго Медведевас хIукмуаялда ва гьеб хитIаб гьес битIулеб буго Шималияб Кавказ цебетIезабиялъул министерлъиялде, Россиялъул минэкоминикаялде ва социалиял суалазул хал хьабулел федералиял идарабазде.

Бюджеталъул суалазе кIвар кьей, ГЭСал раялъул масъалаби тIурай, цIиял школаби рай, росдал магIишат цебетIеялъу хIалтIи гьаби, нарт балагьиялъул цIех-рехал байбихьи, индустриалияб комплексалъул масъалаби хIисабалде роси, туризм цебетIей, нухазул ремонт ва гьеб гуреб цогидабги - Медведевасул хIукмуялда рехсечIеб суал гьечIо. Амма хIукмуялда рехсарал суалазда тIад гьабизе кколеб хIалтIи буюрахъаблъун кколаро, рекомендацияллъун ккола.

Экспертазул рагIабазда рекъон, цо-цо суалазул хал гьабидал бихьулеб буго, федералияб централда мухIканго лъалел рукIин Дагъистаналда ругел масъалаби. Мисалалъе, хIукмуаялда хъван буго 2018-леб сон щвезегIан тIубазе кколин Новолак мухъалде гочарал тумазе минаби раялъул программа. Гьединго документалда хъван буго республикаялда гIемер школаби хIалтIулел ругин лъабго сменаялдалъун. Гьеб масъала тIубаялъе Дагъистаналъе гIарац цIикIкIинабизе кколин, рикIкIунеб буго Медведевас.

Премьер-министрас гъулбасараб хIукмуаялъул халгьабун хадуб, раккулел руго суалал. Хас гьабун Дагъистаналда хъинтIун щай гьабураб гьеб хIукму? Республикаялда хиса-басиял гьаризейищ ракIалде бугеб федералияб централда яги гьеб хIукму ишараялъе гьабураб жойищ?

Дагъистаналъул масъалабазда тIаса чанги тIехь биччарав политолог Константин Казенинил пикруялда рекъон, Кремлалда мухIканго лъалеб буго республикаялда кинал суалазде кIвар буссинабизе кколебали.

Константин Казенин: «Россиялъул бищун проблемиял регионазул цояблъун кколаан Дагъистан. Ахирисел моцIазда жаниб чанги лъугьа-бахъин букIана республикаялда ва гьел хIисабалде росичIого течIо Кремлалъ. Мисалалъе, ракъи лъазабиялъул тадбирал, оппозициялъун рикIкIунел чагIазул гургинал столал ва гIарзаби, гIадатиял гIадамазул акциял. Гьел тадбиразе жибго республикаялда батIи-батIиял къиматал кьолел рукIана, амма кин-букIаниги, Москваялде щвана гьезул хIакъалъулъ информация. Гьединго щвана хасал операциял гьариялда тIаса гIадамазул гIарзабазул информацияги.

ХIукмаялдаса бихьулеб федералияб централда лъалеб букIин регионалда кIвар кьезе кколел суалал регублъи. Ва Кремлалда лъалеб буго гьел проблемаби хас гьабун экномикаялда рарал гуреблъиги. Медведевасул хIукму дица кIииде бикьана. ТIоцересел суалал рикIкIине бегьула кидаго рицунел цогоял харбалъун. Амма хIукмуялъул цогидал пунктазда мухIканал масъалаби тIураялъул суалал рехсон руго. Мисалалъе, ГЭСазул ва компенсациязул суал. Яги Новолак мухъалде гочарал гIадамазе минаби раялъул суал. Гьел масъалаби тIуразе кколеб пуланаб сонги бихьизабун буго хIукмуялда.

Амма дида ракIалде кколеб буго Кремлалда бичIчIулеб гьечIин гьел масъалаби цохIо гIарцудалъун тIуразе кIолареблъи. Новолак мухъалда, мисалалъе, цохIо минаби раялъ тумазул суал тIубазе гьечIо. Гьеб масъала буго политика гъорлъ жубараб ва цохIо финансаз гьеб тIубаларо».

МГИМОялъул «Кавказалъул масъалабазул централъул» вакил Вадим Мухановас абуна «Эркенлъи» радиоялъе, чIванкъотIараб буюрухъ батичIин жинда хIукмуялда.

Вадим Муханов: «Дагъистаналдехун кIвар буссинаби бичIчIизе бегьула. Кавказулъул цогидал регионазда бугеб ахIва-хIал бан буго гьел республикабазул нухмалъулезда. Мисалалъе, Кремлалда цебе Чечняялда бугеб ахIвал-хIалалъул жаваб ккола Рамзан Къадировас. Гьесие федералияб централъ изну кьун буго бокьараб къагIидаялъ нухмалъи гьабизе, амма регионалда хIал парахатаб чIезабизе ккола гьес.

Гьебго схема кин-букIаниги хIалтIулеб буго цогидал республикабаздаги, амма Дагъистаналда гьеб хIалтIизабизе кIвезе гьечIо. Политикиял сурсатал ругел чанги къукъаби руго республикаялда, миллаталги гIемер руго. Рамазан ГIабдулатIиповас республикаялъе нухмалъи гьабизе байбихьаралдаса батIаго гIемер заман инчIин абизе бегьула ва тIурачIел масъалаби гIемер руго. Бюджеталъул суалал, мисалалъе.

Медведасул хIукму ГIабдулатIиповасул имидж борхулеблъунги ккола. Кремлалъ бихьизабулеб буго ГIабдулатIиповасул рахъ кколеб букIин. Жибго хIукму дида гIемерисала бихьула рекомендациялъулаблъун. Гьаб суал тIубаялда тIаса проект ургъизе ккола, доб суал тIубаялъе план гьабизе бегьула, пачалихъалъ кредитал кьеялъул цIияб схема ургъизе ккола. Маилан босун чIванкъотIараб буюрухъ гьечIо хIукмуялда. Амма гьенир рехсарал суалал тIуразе хIаракат бахъизе ккола Дагъистаналъул хIукуматалъ. ХIинкъигьечIолъиялъул суалал, муниципалиял масъалаби, магъало бакIари, социалиял гIузраби - гIемер суалал руго.

Республикаялъул нухмалъиялъул рахъ кколеб буго Кремлалъ ва нухмалъиялъ гьанже хIалтIи бихьизабизе ккола. КIвезе бугищ гьелда гьеб? ГIагараб заманалда нилъеда бихьила, гьеб хIукмуялда рехсараб хIалтIи кин гьабураб дагъистаналъул хIакимаз ва заманалъул пуланаб манзилалда жаниб щиб гьабурабали».

ГIабдулатIиповасни хIукмуялда тIаса баян кьолаго абуна, республикаялъ жиндир рахъалдаса кIвараб хIаракат бахъилин рехсарал масъалаби тIуразе.