ГIадамазги къисматалъги къварид гьарурал

Сакъатал лъималазул рокъор 10-15 сон барал ясал

Human Rights Watch (HRW) абулеб инсанасул ихтиярал цIуниялда сверун халкъаздагьоркьосеб идараялъ къватIибе биччараб докладалда абулеб буго Россиялда ругел киналго сакъатал лъималазул 30 проценталъ гIумру гьабулеб бугин пачалихъиял лъималазул рукъзабахъин. Гьенибин абуни гьел зулмугун, жидедехун рокьукълъигун, изоляциягун дандчIвалел ругин. Human Rights Watchалъ рикIкIунеб буго гIемерисел лъимал тохтурзабаз нужеда гьезие кколеб хъулухъ гьабизе бажаризе гьечIинги абун гIадада ратIа тIезарун ругин жидерго улбуздаса.

1999 соналда Анастасия Даунисие гьаюна Даунил синдром бугей яс Даша.

Тохтурзабаз гьелда абун буго гьел ругин церетIоларел, хуриб бижараб чIахI гIадинан рукIунел лъимал. Абун буго гьей дур кодой хвезе рес бугин ва гьелъул бугин даимаб хъулухъ къваригIунеб унтийин. Анастасияда тохтурзабаз абун буго гьеб «бекараб расанкIо тукаде тIадбуссинабизе» рес бугин дурин.

30 сон барай Анастасиядаги ккун буго гьей ясалъе букIине кколеб хъулухъ гьабизе жинда бажаризе гьечIин.

«Гьедин Даша хутIана азарханаялдаго»,-ян угьун хIухьел бичIчIалеб буго Анастасияца.

38 сон барай Людмила Кирилловалъ гIумру гьабулеб буго Москваялда гъоркьехун бугеб Мытищи шагьаралда. Гьелъ бицана 2006 соналда жиндие яс Ника гьаюраб мехалда гьей унтун йикIинго лъалеб букIинчIин.

«Дида абуна гьелъул аномалияб хромосома бугин»,-ян бицана Кирилловалъ. Гьелда абун буго гьелъул ясалъул бищунго кIудияб икъбал букIине бугин, гьебги букIани-эбелин абизе лъайин.

Доб мехалда Людмилае букIуна 30 сон.

Даунисил, Кирилловалъул ва цоги гIемерал улбузул хIалбихьиялде балагьун Нью-Йоркалда аслияб офис бугеб Human Rights Watch идараялъ гьабураб цIех-рехалъ бихьизабун буго Россиялда ругел сакъатал лъималазул 30 процент жидерго улбузда азарханабазда тезарун ругин тохтурзабазин. Лъимал гьарулел азарханабаздасан гьел кьолел руго унтарал лъимал рукIунел хасал азарханабазде. Гьенибин абуни гьел лъималазе я кколеб хъулухъ щолареб буго я букIине кколеб квен щолареб буго. Гьелде тIадеги гьезие гьабулеб буго изоляция ва гьел зулмугун ва рокьукълъигун дандчIвалел руго гьенир.

Докладалъул автор Андреа Маззариноца гьабула Европаялда ва Централияб Азиялда сверун цIех-рех. Гьелъул пикруялда, Россиялда унтараб лъимер жидее гьабурал эбел-инсуда тохтурзабаз гьеб азарханаялдаго тезабулеб буго, лъимадуе хъулухъ ва дару гьабизе гьезда бажаризе гьечIинги абун.

93 гьумер цIураб гьеб докладалда абулеб буго россиялъул смистемаялда жаниб гьел сакъатал лъималазда дандчIвалеб вахIщилъиялъ гьел церетIезе толел гьечIин.

Гьенибго кIвар буссинабулеб буго Россиялъул хIукуматалъ лъимадул ихтиярал цIуниялда сверун гIуцIараб Миллияб стратегиялде, амма абулеб буго гьеб рахъалъ гьабизе хIалтIи гьабуралдаса гIемерго цIикIкIун бугин.

Докладалда кьолел рекомендациязда рекъон, Россиялъ дагьлъизабизе кколеб буго гьединал азарханабазда лъималазул къадар ва кIудияб кIвар кьезе кколеб буго гьенир хIалтIулел гIадамазул сабруялъе.

Андреа Маззарино: «Россиялъул хIукуматалъ дагьлъизабизе ккола гьединал хасал идарабазда ругел лъималазул къадар хадусан гьединал азарханабазе ахир лъезелъун. Гьебго заманаялда Россиялъул хIукуматалъул ракIчIун букIине ккола гьединал идарабазда хIалтIулел гIадамазда гьел унтарал, сакъатал лъималазул ихтиярал лъалел рукIиналда ва гьезул къадру цIунизе гьезда кIвезе букIиналда. Гьединал хIалтIулбакIазда гьитIинабги тIекълъи биччазе ва хIехьезе бегьуларо пачалихъалъ».

Доклад хIадурилалде HRW идараялъул цIех-рехчагIи кIалъан руго 200 лъимергун, гьезул хъизабаздаса гIадамагун, адвокаталгун, сакъатал лъималазул азарханабазул хIалтIухъабигун. Гьел щун руго сакъатал лъимал ругеб пачалияхъияб 10 азарханаялде.

Гьезда тIатун буго гьеб 10 азарханаялъул микьгоялда лъимал жидеего гьитIинал бусабазда регун рукIин. Гьебги къойида жаниб 24 сагIаталъ ва анкьида жаниб анкьабго къоялъ. Гьениб паралич бугелги, Даунил синдром бугелги, шизофрения бугелги лъимал гьебги батIи-батIияб ригьалъул лъимал цого бакIалда цадахъ регизарун ратун руго. Гьел лъималазда щибниги бичIчIулареб буго, гьелгун щивниги васандуларев вуго ва гьел кIалтIе-къватIиреги лъицаго рачунел гьечIо.

Гьел лъимал кIвар кьечIого тун ругеб куц бихьараб мехалда гIодизе бачIанин абулеб буго Маззариноца.

КIалъазе кIолел, лъай бугел лъималаз гьезие бицун буго жал рухулин азарханаялъул хIалтIухъабаз.

Настя: «ГIаракъи гьекъечIеб мехалда гьел лъикIал руго, амма гьекъараб мехалда гьез дун юхула, рас цIан ехъерхъула».

Гьедин бицун буго Настяца. Гьелъие буго 19 сон ва гьей гIун йиго Псковалда бугеб лъималазул рокъой. Гьелъго бицун буго жал гIодоре ричIчIаразизе жидее даруги кьолин. «Докладная» щибали цIех-рехчагIазда бичIчIизабун буго гьебго рокъов гIурав Маратица. Гьесие буго 24 сон.

Марат: «Докладная» гьеб буго квешаб хьвада-чIвади бугел лъималазда тIасан хъвалеб кагъат. Гьеб кьола тохтурасухъе. Гьел гIемерлъараб мехалда лъимал ритIула психиатрияб азарханаялде».

Россиялда сакъатал лъималазул азарханабазда ругел цIикIкIунисел лъималазул кIиялго ратичIони улбузул цоялгIаги чIаго ругин ва гьел бесдалал гурин абулеб буго Маззариноца. Гьел гIадатиял шартазда, гьел рокьулел гIадамазда аскIор кIудиял гIуни лъимал тIубанго сахлъичIониги, гьезул чорхол хIалгIаги лъикIаб букIине бугин ва гьел лъайги щварал улкаялъе пайдаял гIадамал рахъиналъе ресал цIикIкIунин рикIкIунеб буго Маззариноца.

Жиндир яс Дашаде аскIое щварай Анастасияда бихьун буго гьел шартIазда йикIаниги гьелъул асалъул икъбалал. Эбелалъ рикIкIунеб буго яс жинда аскIой тарайани гьелъул ресал ва бергьенлъаби дагьалги гIемерал рукIине рукIанин.

Гьединлъидал Анастасияцаги Кириллова Людмилацаги жидерго лъимал азарханабаздаса нахъе рачун руго. Даша эбелалъухъе щун йиго лъагIел барабго, Людмилахъе Ника щун йиго 16 моцI бараб мехалда. Никае гьанже буго 8 сон ва гьей ругьунлъулей йиго хъвазеги цIализеги.

https://www.youtube.com/watch?v=-X6GrkLckAA