Дуда мунго щивлъун вихьулев?

Ахираб заманалда Шималияб Кавказалда унел батIи-батIиял политикиял ва социалиял хиса-басиязул ва рагъулаб дандечIеялъул хIасилалда жамгIияб пикруялда кIудияб лъалкI толеб буго. Цебеккун улка бокьиялъул, патриотизмалъул бицунеб букIун батани, гьабсагIаталда тIоцебесеб бакIалде динияб рахъ бачIун буго.

Дагъистаниязул гIумруялъулъ диналъ тIадеялдаса тIаде цIикIун бакI кквеялъе нугIлъи гьабулел хIужаби цIакъ гIемер дандчIвалел руго. «Эркенлъи» радиоялъ цIех-рех гьабуна батIи-батIияб миллаталъул, пишаялъул, батIи-батIияб ригьалъул ва жинсалъул гIадамазда гьоркьоб. Суал букIана гьадинаб: «Щаллъун нуж рикIкIунел нужецаго тIоцебесеб иргаялда – Россиялъул гражданаллъунищ, дагъистанияллъунищ, нужерго миллаталъул вакиллъунищ ялъуни диналъул вакиллъунищ?»- абураб. Гьезул гIемерисез рикIкIунеб буго жал тIоцебесеб иргаялда бусурбаби кколин.

Журналист Джалал Бутаевас «Эркенлъи» радиоялъе бицана Дагъистаналда бусурманлъи тIоцебесеб бакIалда лъолел чагIи цIикIкIиналда жинца гIажаиблъи гьабуларин, щайгурелъул исламалъ дагъистаниязул рукIа-рахъиналъулъ тIадеялдаса тIаде бакI кколеб бугин.

Джалал Бутаев: «Дица дунго тIоцебесеб иргаялда рикIкIуна бусрубанчилъун. Дица дирго дин тIубанго къабул гьабулеб батани, батIияб пикру ботIролъе бачIинаро чиясул. Бусурбанчилъун вукIин гурони батIияб къагIидаялъ живго вихьизавизе бегьуларо дица диналда божарав вугони. ТIоцеве чи вукIуна бусурбанчилъун, хадув дагъистаниявлъун ялъуни Россиялъул гражданинлъун. Щай жал бусурбабилъун рикIкIунел чагIи гIемерлъулел ругилан цIехани, дир хIисабалда гьеб бараб буго ислам цебетIеялда, дагIват цIикIиналда. ГIадамал тIадруссунел руго жидерго диналде. Цебе дин киса-кибего букIинчIо, цо-цо диналда хурхарал гIадатазулъ гурони. Инсан вукъулаго, бертин гьабулаго, ялъуни лъимер гьабурабго бачIунаан ислам цебе, гьабсагIаталда абуни гIадамазда ислам гъваридго бичIчIулеб буго. БитIараб бицани дун гьелдаса разияв ва вохарав вуго, гьедин букIине ккола дир хIисабалъ».

МахIачхъалаялдаса Ибрагьимова ГIайшатица рикIкIунеб буго жий тIоцее бусурбанчIужулъун рикIкIунин, батIияб къагIидаялъ букIине бегьуларин.

Ибрагьимова ГIайшат: «Дун тIоцебесеб иргаялда бусурманчIужу йиго, щайгурелъул дир хIисабалда тIоцебесеб буго бусурбабазе гьесул дин, Аллагьасда божи, миллатги, цогидабги кIиабилеб бакIалда лъола дица».

Журналистка МахIмудова ПатIиматицаги гьелда релълъараб пикру загьир гьабуна:

МахIмудовам ПатIимат: «ТIоцебесеб иргаялда дица дунго рикIкIуна бусурбанчIужулъун, хадусеб иргаялда дица дунго рикIкIуна магIарулайлъун. Аварай гурей, магIарулайлъун, аварал абураб рагIи бокьуларо дие. Хадусеб иргаялда дун йиго дагъистанияй ва гьелда хадуйги россиялъулай».

Дагъистаналъул юридическияб академиялъул студент Ибрагьимов Эльдарица тIоцебесеб бакIалда лъолеб буго жиндирго миллат.

Ибрагьимов Эльдар: «Дица дунго тIоцебесеб иргаялда рикIкIуна магIарулавлъун, щайгурелъул, дагъистаниявин абизе кIоларо, гьединаб миллат букIинчIо киданиги. Гьеб буго советияб заманалда баккараб рагIи. Дагъистаниял рукIинчIо, рукIана Дагъистаналда гIумру гьабулел батIи-батIиял миллатал, гьел гьабсагIаталдаги руго.

Юрист Куашев Тимурицаги рикIкIунеб буго жиндие аслияб кIвар бугеб хIужа кколин живго бусурбанчи вукIин.

Куашев Тимур: «Дун бусурбанчилъун рикIкIуна дица, щайгурелъул дие гьелдаса кIудияб пайда буго кинаб рахъалдаса босаниги, гьеб битIарабги буго. Бусурбанлъи тIоцебесеб бакIалда лъолел гIадамал ахираб заманалда цIикIун руго хасго. Цере гьел хIинкъулел рукIана гьедин абизе, динияв чиясул щибниги цебетIей букIине рес букIинчIо, гьанже гьелде кIвар кьолеб гьечIо, гIадамазда бичIчIун буго динияб рахъ цебе гьабизе кколеблъи».

Москваялда гIумру гьабун вугев тохтур ГIабдурашид Саидовас бицунеб буго инсан тIоцебесеб иргаялда инсанлъун вукIине кколин, динияб яги миллияб рахъ тIоцебесеб бакIалда лъей мекъаб бугин.

Саидов ГIабдурашид: Гьединаб кIудияб хиса-баси ккеялъе гIиллалъун дир хIисабалда буго лъикIал ишазе пропаганда гьабунгутIи. Пачалихъалъ загIипаб пропоганда гьабулеб буго, тарбия кьеялъул суалал гIодобегIанаб даражаялда руго. Дица кидаго магIарул миллатчиясе суал кьола, рикIкIейин дуца цохIо магIаруласе хасиятаб лъабго гIаламат. Дие гьездаса жаваб щоларо. Дир хIисабалда тIоцебесеб иргаялда инсан вукIине ккола инсанлъун, Аллагьас вижухъе, жиндирго роххелалгун, пашманлъабигун, гIунгутIаби ва тIокIлъабигун. БатIалъи гьечIо ГIисал диналъул вукIа, ялъуни Мусал диналъул вукIа. Хадусеб бакIалда букIине ккола дир хIисабалда миллат. Мисалалъе, медицинаялда босани, гьениб батIалъи букIунаро дур диналъул яги миллаталъул, гьениб аслияб жо буго бидул группа. Дуе бегьула африкаялъуласул ялъуни жугьутIасул би, амма магIаруласул биялъ мун чIвазе бегьула, дуе данде кколареб группа батани».

Нижеца гьарурал цIех-рехазул хIасилал тасдикъ гьарулел баянал кьуна Дагъистаналъул гIелмияб централъул социолог ГIабдулагатов Загьидица. «Эркенлъи» радиоялъе гьес рехсана гIелмияб централъ Дагъистаналъул гIолилазда гьоркьор гьарурал официалияб цIех-рехазул хIасилал.

ГIабдулагатов Загьид: «Гьеб цIех-рех нижеца гьабун букIана 1999 соналъги, 2011 соналъги. Суал букIана, щивлъун дуца мун рикIкIунев тIоцебесеб иргаялда абун. 1999 соналъ тарихал рукIана гьадинал: дун россиялъул гражданин – 36 гоялдаса цIикIкIун процент, дун дагъистанияв – 33 процент, дун дир миллаталъул вакил – 25 процент ва дун бусурбанчи вуго абураб жаваб – 22 го гун бащдаб процент. Бищун дагьаб къадаралъ тIоцебесеб бакIалда лъолеб буго динияб рахъ. 2011 соналъ гьеб хисана. Динияб рахъ бачIана тIоцебесеб бакIалде – 71 проценталъ рикIкIунеб буго жал тIоцебесеб иргаялда бусурбаби ругилан. ЦIех-рех гьабулеб букIана гIолохъанаб гIелалда гьоркьоб. Гьел тарихаз бицунеб буго Дагъистаналъул гIолилазул пикру кутакалда хисун бугин ахираб анцIго соналда жаниб. АнцIго соналъ цебе тIоцеве дун россиялъул гражданин вугилан рикIкIунеб букIун батани, гьанже бусурбанчилъи лъолеб буго цебесеб кьерда. Гьединабго ахIвал-хIал буго тIубанго Югалъулаб Россиялда. Гьелъие гIиллаги дица рикIкIуна гьаниб бугеб динияб дандечIей ва ахираб заманалда Россиялда цIикIкIунеб бугеб миллатчилъи».

Дагъистаналъул пачалихъияб университеталъул философиялъулгун социологиялъул кафедраялъул профессор Муслимов СалихIицаги тасдикъ гьарулел руго Загьид ГIабдулагатовасул тарихал. Амма гьес рикIкIунеб буго гьабсагIаталда бусурабанчилъи тIоцебесеб бакIалда лъолезул къадар араб соналде данде ккун жеги цIикIкIун бугин.