«Русские» абураб миллияб багъа-башариялъул тIадегIанаб мажлисалъул бетIер Дмитирий Демушкиница «Русская служба новостей» абураб радияолъе 1 январалда лъазабун буго, Чачан республикаялъул миллияб политикаялъул министерлъиялъ жиндие цебелъей гьабунин, кавказалъулазе «Хьвада-чIвадиялъул кодекс» хIадуриялъулин.
Гьелда хадуб информациялъул алатазда, хасго Шималияб Кавказалъул, багъарана кIудияб ахIи-хIур. ГIемерисел политиказ, жамгIиял хIаракатчагIаз ва инсанасул ихтиярал цIунулез лъазабуна, гьеб кколин провокация, миллияб рокьукълъи гъварилъиязабиялъе гьабураб иргадулаб галиян.
«Дир пикруялда, гьединаб кодекс цебего хIадур гьабизе кколеб букIана. Кавказалъул элитабазул вакильзабаз жидецаго гьеб къабул гьабиялъул инициатива загьир гьабулеб букIин, гьай-гьай, гьеб позитивияб хIужжа ккола. ГIурусазул националистал, узухъда, гIахьаллъизе руго гьелда» - ян лъазабуна националистазул лидер Дмитирий Демушкиница «Русская служба новостей» радияолъе интервью кьолаго. Демушкиница лъазабун буго, жинца гьелда тIад хIалтIи байбихьизе бугин, чачаназул церелъеял жинхъе рачIарабгоян.
Гьеб хIужжа унго-унгояб провокация кколин ва гьелъ гьедингоги хIалуцIарал миллияб суал тIадеги захIмалъизабизе бегьулин риккунеб буго машгьурай инсанасул ихтиярал цIунулей Светлана Ганнушкиналъ.
Светлана Ганнушкина: «Узухъда, гьеб буго магΙна гьечΙеб, гΙантаб жо. Москваялда гΙумру гьабулей хΙисабалда, дида абизе кΙоларо, кавказалъулазул хьвада-чΙвадиялъ дир ццим бахъинабулеб бугин. ГΙагсалда, дун шокалде ккезаюла дица гΙумру гьабун бугеб бакΙалда, метроялъул Тургеневская станциялда аскΙор ракΙарулел националистазул хьвада-чΙвадиялъ. Гьел ахΙдолел рукΙуна «Россия - гΙурусазе!», «Москва - москваялъулазе!» абун. ТIоцебе босани, гьез хвезабулеб буго жамгIияб низам, кIибаизеги, гьезул ахIияз цогидал хIакъир гьарулел руго.»
Гьединаб идея тIоцебесеб гурин абуна нижер программаялъе комментариял гьарулаго Ганнушкиналъ. ТIоцебесеб инициативаялъул авторалги рукIанин Москваялда ругел диаспорабазул вакильзабиян, бицунеб буго гьелъ нижер программаялъе.
Светлана Ганнушкина: «РакIалда гIагалигун абила, тIоцебе гуреб загьир гьабулеб бугеб гьединаб идея, цебелъей. ТIоцебе гьеб баккана 2007 соналда, гуржиязде Москваялда чан лъазабун букIанила абизе бегьула доб мехалда. Гьеб идея бижана Москавялъул мэриялъул миллиял гьоркьорлъабазул департаменталда миллиял диаспорабазул вакильзабигун данделъиялда. Кинаб хIалалде ккезарун рукIине кколел гьел гIадамал, гьез жалго хIакъир гьарулеб церелъеял гьаризе ккани. Гьезулъ бижинабун букIун батила, жалго тIурарал гьечIолъиялъул комплекс. Гьез риккунеб букIун батила, жал жалго ругин гIайибиял загьирлъулеб ситуациялдайин ва жидер хьвада-чIвади битIизабизе кколеб батилин абун.
Дагъистаналъул рахъалдаса тIоцебе эмоционалияб реакция загьир гьабуна гьеб хIужжаялда хурхун Россиялъул Федерациялъул президентасда цеве Дагъистан республикаялъул вакил МахIачев ХIажица.
Мокваялда гIумру гьабун вугев дагъистанияв, РБК- телекомпаниялъул хIалтIухъан Махамад Дугъричиловасеги цIакъ ракIалъе гIун гьечIо гьединаб инициатива. Гьес абулеб буго, гьединаб кодекс бахъаниги, гьелъ кинабгIаги кумек гьабуларин миллатазул гьоркьорлъабазул проблема рукIалиде буссинабиялъул ишалдайин. Гьелъие къваригIунин пачалихъалъул хIакъаб, щвалде щвараб, цIодораб миллияб политикаян, риккунеб буго гьес.
Дугъричилов МахIамад: "Гьезул къагIидаялдани хъвазе кколеб буго, гьедин батани, Волгоградалъул гIадамазул Казаналда букIине кколеб хьвада-чIвадиялъул кодекс, яги Санкт-Петербургалъул гIадамазул МахIачхъалаялда букIине хьвада-чIвадиялъул ва цогидал кодексал. Гьедин батани, кигIан кодексал нилъер рукIине кколел? БукIине ккола цого-цо кодекс: сахаб жамгIияталда сахав чиясул букIине кколеб хьвада-чIвадиялъул кодекс. Дир пикруялда, зарал гурони, кинабгIаги пайда гьелдаса букIунаро цебе рехсараб кодексалъул. Цингиги гьелда рекън гIадамаз гIумру гьабизе букIиналъулги буго цIакъ кIудияб щаклъи.
Дир пикруялда, жидер квешаб хьвада-чIвади бугел гIадамаз гьез бахъараб кодексалда рекъон гIумру гьабизе букIиналъулни щиб, гьез гьеб цIализе букIиналдацин буго цIакъ кIудияб щаклъи. Гьеб цIализе буго гьедингоги букIине кколеб хьвада-чIвадиялъул гIадамаз. Кодексни бахъизе бегьула бокьараб. Щиб жиб-жиб аэропорталда, вокзалалда щивасухъе гьеб кьолелищ рукIине ругел?»
Элеонора Чабаева (Прага): «Гьеб хIакъир гьари ккола бокьараб халкъалъе, дир пикруялда. Кавказалъуласени - тIадеги, хасго гьесие хьвада-чIвадиялъул нормаби чIезаризе байбихьулеб бугони. Бахъизабеха батани кавказалъул чIужугIаданалдаса кIаз, ретIизабе гьелда декольте ва мини-юбка. Яги тIаме кавказалъул гIолохъанчи чакмабиги ретIун, аргъанги босун, лъабго гIеналъул тагъурги лъун гIурусазул халкъиял кучIдул ахIизе! Гьелда релъарабгурищ нилъер пачалихъалъул миллияб политика бугеб жакъа, гьеб политика батаниго. Политикани буго гьеб, дицани абила, чурукаб политика бугин гьебин. Кинаб хьвада-чIвадиялде кавказалъулав ругьун гьавизе кIолеб гьебго Москваялда, жалго гIурусазул миллияб хасги тIагIинабулел политиказ? Дида гьеб бичIунеб жо гуро. Дица гьеб кинабго рикIкIуна цорахъалъулаб, гIицIго цо-цо гIисинал миллатазда хурхараб, пуланал политикиял къокъабазул интересазе данде кколеб политикалъун. Гьеб политика, дир пикруялда, ккола улкаялъул кинабго халкъ гIурусазде руссинариялъул политика бугин.»
Гъарачайгун Чергессиялдаса гΙолохъанав жамгΙияв хΙаракатчи Жу Тимурицаги абулеб буго, кавказалъул халкъал ккун гьечIин миллатчагIаз хьвада-чIвадиялъул кодекс хIадур гьабизе кколеб хIалалдейин. Конституция кколин киназго тIубазабизе кколеб кодексин риккунеб буго гьесги.
Жу Тимур: «Россия ккола гΙемер миллатазул улка. Гьенир нилъ гурелги руго татарал, руго башкирал. Бищунго гΙемер руго гΙурусал. Амма цогидазда гъорлъан гΙицΙго кавказалъулазе гьединаб кодекс хΙадуризе кколин абулеб мехалда, гьеб ккола дискриминация. Кавказалъулазда хурхун дискриминация. Гьеб байбихьудасаго мекъаб жо ккола. Гьеб ккола миллатазда гьоркьоб жахΙда багъаризабиялъе провокация. Нилъер хъизаназда лъимералъе гьавуралдасаго тарбия кьезе байбихьула. Националистаз «битΙараб» хьвада-чΙвадиялде ругьун гьариялде ккун гьечΙо кавказалъул халкъал.
Хьвада-чΙвадиялъул кодекс бахъиялъ щибниги хисизабуларо. ГΙолохъабазул доб яги гьаб хьвада-чΙвадиялъе буго мухΙканаб гΙилла. БукΙине кколеб тарбия жидее кьечΙел рикΙкΙичΙого, цоял рукΙуна миллияб бербалагьиялдаса хΙакъир гьарурал, гьезул хьвада-чΙвади букΙуна аслияб къагΙидаялда рецΙел босиялда хурхараб. Цогидал рукΙуна цоязе цогидазул гΙадатал яги дин ракΙалъе гΙунгΙутΙиялъе хакъур гьарурал. Нилъер гΙолилазда бан загьирлъулел лъугьа-бахъинал жакъа хурхарал рукΙуна жидерго яги цогидазул яхΙ цΙуниялда, жалго хΙакъир гьаризе риччангутΙиялда. Щиб централияб Россиялда жидер хьвада-чΙвади гΙорхъолъа рорчΙарал, жидее тарбия щвечΙел гΙолохъаби дагьалищ ругел? Щайха гьезие хΙадур гьабулареб гьединаб кодекс. Чияс такъсир гьабуни, гьесие къануналда рекъон тамихΙ гьабизе ккола. Кинаб кодекс цогидаб къваригΙунеб? Буго такъсиразул кодекс, буго аслияб къанун - Конституция. Щиб цогиги къваригΙунеб?»
Жакъа Европаялдеги гочунел руго гIемер гIадамал. Гьенире рачIунезда гъорлъ гIемер руго россиялъулалги. Магърибалъул улкабазда жакъа гьединал кодексал рахъи жамгIиятаз къабул гьабизе букIанин тIаде рачIаразул дискриминация гьабиялъул гали хIисабалдайин ва ахIи-хIур багъаризе букIанин, рикIкIунеб буго II соналъ бельгиялъул гьитIинабго шагьаралда гIумру гьабун вугев гIолохъанав чачанав ГIисаев Артурица. Гьесул рагIабазда, бельгиялъулазул ургъел ккезабулеб гьечIо цогидаб миллаталъул гIадамаз, ахирисез къанунал тIуразарулел ругони. Живго Артурни шагьаралъул парламенталъул депутатлъунцин вищун вуго.
Артур ГIисаев: «Гьединал галаби бельгиялъулазги нахъ чIвазе букIана. Бельгия, Франция, Голландия гIадал церетIурал европаялъул улкабазда лъиялиго хьвада-чIвади бихьизабун тахьал рахъи, дида цебечIезабизецин кIоларо. Гьаниб букIуна «Интеграциялъул курс» абурал тIехь. Амма гьединаб кодексалде гьелъул кинабгIаги хурхен гьечIо. Гьелъ дуда тIадаблъун щибниги бихьизабулеб гьечIо, гьеб буго къватIисан вачIарав чи мун вукIиналда бан, дуе кумекалъе бахъараб брошюра.
Бельгиялъулазда кинабго жо бичIчIуна. Гьел рагьараб, ракIалъе гIолеб хасияталъул гIадамал ккола. Гьаб яги доб къагIида нужер халкъалъул гIадат букIин бичIчIинабуни, гьезие гIола. Гьезул цогидаб культураялъул гIадамазде бербалагьи буго цIакъ лъикIаб ва хинаб. Дида киданиги бихьичIо Бельгиялда букIа, европаялъул цогидал шагьаразда букIа, гьединал кодексал риччалел рукIин. Бюсселалда тIолабго дунялалъул культурабазул гIадамаз буго гIумру гьабун. Гьединаб жо гьениб дида цебечIезабизецин кIоларо.
Гьай-гьай, дур криминалалде хурхун бугони, букIинарищха дуде квешаб бербалагьи. Дуда бакIалъулаб халкъалда гъорлъ берцинго гIумру гьабизе бажарулеб гьечIони, дуца бакIалъулал гIадамазулгун гIаммаб мацI батизе гIамал гьабулеб гьечIони, гьай-гьай дуе инкар гьабула гьениб гIумру гьабизе. Гьеб букIине кколеб бербалагьиги буго, дир пикруялда. Амма мун къватIисан чи вугин абун, дуде дагьалъцин квешаб бербалагьи бугин гьанибин абизе кинниги кIоларо дида. Гьедин букIани, дун гIолохъанав чачанав, вищизе вукIанищ шагьаралъул парламенталъул депутатлъун II азарго чияс гIумру гьабулеб шагьаралда? Хасго гьанир дие гьаркьал кьезе цо гурони чачаназул хъизан гьечIеб шагьаралда?! Дие гьаркьал кьурал чагIи киналго ккола бельгиялъулал. Гьез цIакъ адаб гьабула нужер, нужерго культура цIунулеб бугони, нужерго гIадатал рилъанхъизарулел ругони. Гьелдаго цадахъ бакIалъулаб халкъалда гъорлъ жуван вугони, гьезул къимат тIадеги цIикIкIараб букIуна. Гьаниб дуе лъицаниги квал-квал гьабуларо. Гьаре дурго ишал. Дур рес буго жамгIияталъул пайда бугеб бокьараб хIаракатчилъи букIине. Бельгиялъулал ккола цIакъ хIалтIи бокьулел гIадамал. Мунги гьединав вукIин гьезда бихьулеб бугони, гьез гьелъие кIудияб къимат кьола.»
Гьединабго кодекс хIадур гьабиялъул цебелъей 20I0 соналдаги гьабун букIана Шималияб Кавказалъул федералияб округалъул бетIерасул кумекчи Владмимир Шевцовас. Доб нухалда Чачан республикаялъул бетIер Рамзан Къадировас какун букIана гьединаб идея. Жакъа чачаназул нухмалъиялъ нахъ чвалеб буго жидеца гьединаб инициатива загьир гьабун букIин. Республикаялъул бетIерасул пресс-секретарь Каримов Альвица лъазабун буго, чачаназул миллияб политикаялъул министерлъиялъ киданиги гьединаб инициатива загьир гьабун букIинчIин. Чачаназул бугин жидерго этикияб кодексин.
Гьелда бан Ганнушкиналъ абулеб буго, гьеб букIаниги букIинчIониги магIна бугеб жо кколин. Улкаялъе хIакъикъаталдаги къваригIун бугин халкъазда гьоркьоб гьуинлъиги гьалмагълъиги бижинабулеб политикаян. Гьелъиейин абуни, киназго къабул гьабизе кколин Россия гIемер халкъазул, гIемер культурабазул улка букIин. Амма къанунал хIалтIулел гьечIони, гьеб мурадалде щвезе бажарулеб жо гурин.
Светлана Ганнушкина: «Дида интернеталда бихьухъе, гьанже чачаназул бетIерасул пресс-секретарь Альви Каримовас нахъ чIвалеб буго чачаналъа гьединаб иницииатива загьир гьабун букIанин абураб лъазаби. Гьез лъазабулеб буго, жидеца гьединаб идеялъул рахъ кколеб гьечIин. Дида ккола гьеб букIун батаниги, гьелъул кинабгIаги магIна гьечIин.
Цогидаб рахъалдаса балагьани, гьай-гьай, дида бичIунеб буго, цогидал регионаздаса, хасго гIисинал бакIаздаса рачIунел гIадамазул хьвада-чIвади дагьалъ батIияб букIунеблъи, гьезда цо-цо жо лъачIого букIуна. Амма гьединал гIисинал шагьаразде, росабалъе чIахIиял шагьараздаса щолел гIадамазулги букIуна бакIалъулазда бичIчIунареб хьвада-чIвади. Мисалалъе, гьез къватIазда салам кьунгутIи.
ХIакъикъаталдаги гIадамазул адабияб бербалагьи букIине ккола цоцаде. Цо рахъалъа гьез хал гьабизе ккола кинаб хьвада-чIвади сверухъ бугебали. Цоги рахъалдаса, магаполисазда гIумру гьабун ругездаги бичIчIине ккола гьенире батIи-батIиял культурабазул гIадамал рачIунел рукIин. Гьединлъидал гьез гIамал гьабизе ккола гьел ричIчIине. Мекъаб хьвада-чIвади загьирлъулеб мехалда, гьез гIамал гьабизе ккола ракI гIодобе биччан гьединал гIадамазда бичIичIинабизе, гьезул мекъсаб хьвад-чIвади букIин. Гьеб бичIчIине гьел хIадуралги руго.
РакIалда кIудияб гIагалигун абизе кколеб буго, гIадамал гьанже руго ццидахарал. Гьезул цIим хурхараб буго аслияб къагIидаялда жидерго гIумруялъул хIал, шартIал квешал рукIиналда. Мисалалъе, диеги ракIалъе гIолеб гьечIо гIадамазе хIалтIи чIезабиялъул ва хIалтIи балагьиялъул система, пачалихъалъул политика. ГIадамазе щвалде щвараб, чIван къотIараб кумек гьабулеб гьечIо хIалтIи батизе. БакIалъулаб халкъалъул интрересал рикIкIунел гьечIо. Бихьизабулеб гьечIо хIалтIухъ кьезе кколеб мухьалъул минималияб къадар. Гьедин гурищха бугеб лъагъзабазулгIадаб хIалтIиги цо-цо бакIазда.
Лъидеха нилъеца гьелда бан гIарз гьабизе кколеб? Нилъеца гIарз гьабизе ккола хIалтIи гIадамазе батизе кумек гьабулел ва хIалтIи кьолел гIуцIиязде. Нилъеца гIарз гьабизе ккола пачалихъалде, гьелъ букIине кколеб низам гьеб системаялда чIезабун гьечIолъиялда бан. Гьелъул бакIалда бакIалъулал гIадамазул ццин бахъулеб буго, гьедингоги захIматаб хIалалда ругел къватIисан гIадамазде. Зама-заманалда гьел гуккун харж кьечIогоцин толел руго. Гьезда тIад релъанхъулел руго хIалтIи кьолел. Гьезие тамихΙ гьабулел чагIи ратулел гьечIо. Гьединазда хурхун къанун гIинкъаблъун хутIулеб буго. Пачалихъиял институтазул хIалтIул анализ гьабичIого, москвалъулаз жидерго ццим буссинабулеб буго, гьедингоги захIматаб хIалалда ругел къватIисан рачIарал гIадамазде.
Улкаялда щиб гьабунги гьабизе ккола гьаб цебе чIезабизецин захIматаб коррупциялъул даражаялъе.
Байбихьизе ккола, дир пикруялда къануназдаса. Гьеб тIоцебесеб. Ралагьизе ккола, абизе бегьулеб батани, коррупциялъул картIал. Гьел цIакъ кIудиял руго. Цо-цо нухалда ккола къануназда гьединал «картIал» ургъунго толел ругин, пуланал бакIазда къанунияб гуреб къагIидаялда гIарац бикъизе рес букIиналъейин.
КIиабизе босани, гьел къанунал хIалтIизаризе ккола хIакъикъаталдаги. Нилъецайин абуни, байбихьулеб буго гьединаб квешаб ахIвал-хIалалъул къурбаназдаса. ХIакъикъаталдаги жамгIият гьединаб рахъалде буссинабиялдаса лъиялиго пайда щолеб буго.»
«Дир пикруялда, гьединаб кодекс цебего хIадур гьабизе кколеб букIана. Кавказалъул элитабазул вакильзабаз жидецаго гьеб къабул гьабиялъул инициатива загьир гьабулеб букIин, гьай-гьай, гьеб позитивияб хIужжа ккола. ГIурусазул националистал, узухъда, гIахьаллъизе руго гьелда» - ян лъазабуна националистазул лидер Дмитирий Демушкиница «Русская служба новостей» радияолъе интервью кьолаго. Демушкиница лъазабун буго, жинца гьелда тIад хIалтIи байбихьизе бугин, чачаназул церелъеял жинхъе рачIарабгоян.
Гьеб хIужжа унго-унгояб провокация кколин ва гьелъ гьедингоги хIалуцIарал миллияб суал тIадеги захIмалъизабизе бегьулин риккунеб буго машгьурай инсанасул ихтиярал цIунулей Светлана Ганнушкиналъ.
Гьединаб идея тIоцебесеб гурин абуна нижер программаялъе комментариял гьарулаго Ганнушкиналъ. ТIоцебесеб инициативаялъул авторалги рукIанин Москваялда ругел диаспорабазул вакильзабиян, бицунеб буго гьелъ нижер программаялъе.
Светлана Ганнушкина: «РакIалда гIагалигун абила, тIоцебе гуреб загьир гьабулеб бугеб гьединаб идея, цебелъей. ТIоцебе гьеб баккана 2007 соналда, гуржиязде Москваялда чан лъазабун букIанила абизе бегьула доб мехалда. Гьеб идея бижана Москавялъул мэриялъул миллиял гьоркьорлъабазул департаменталда миллиял диаспорабазул вакильзабигун данделъиялда. Кинаб хIалалде ккезарун рукIине кколел гьел гIадамал, гьез жалго хIакъир гьарулеб церелъеял гьаризе ккани. Гьезулъ бижинабун букIун батила, жалго тIурарал гьечIолъиялъул комплекс. Гьез риккунеб букIун батила, жал жалго ругин гIайибиял загьирлъулеб ситуациялдайин ва жидер хьвада-чIвади битIизабизе кколеб батилин абун.
Дагъистаналъул рахъалдаса тIоцебе эмоционалияб реакция загьир гьабуна гьеб хIужжаялда хурхун Россиялъул Федерациялъул президентасда цеве Дагъистан республикаялъул вакил МахIачев ХIажица.
Your browser doesn’t support HTML5