Путиница лъабгоясда цIар чIвана

Президент Владимир Путинги ГIабдулатIипов Рамазанги Ново Огорёвалда, 15 Август 2013.

19 августалда Россиялъул президен Владимир Путиница цIар чIвана Дагъистаналъул бетIерлъун вищизе рес бугев лъабго чиясда. Гьел ккола гьаб заманаялда республикаялъул нухмалъулесул ишал тIуразарулев ГIабдулатIипов Рамазан, республикаялъул захIматалъул ва социалияб цебетIеялъул рахъалъ министр Малик Багълиев ва дагъистаналъул омбудсвумен ГIумарова Уммупазиль. Путиница вихьизавурав гьел лъабгоязул цоял тIаса рищизе ккола 8 сентябралда Халкъияб Мажлисалъ.

БитIун моцIалъ цере Дагъистаналъул Халкъияб Мажлисалда фракциял ругеб щуго партиялъги рихьизарун рукIана гьеб хъулухъалде кандидатал. Гьел ккола «Единая Россия», «Справедливая Россия», «Патриоты России», «Правое дело», КПРФ партиял. Жиде-жидерго партиязул нухмалъулелги гьезда тIаде Рамазан ГIабдулатIиповги вихьизавун вукIана гьез.

Дагъистаналда республикаялъул нухмалъулев вищулеб къолъун лъазабун буго 8 сентябрь. Гьел рищиял халкъалъ гурел, Халкъияб Мажлисалъ гьаризе руго.

Владимир Путиница лъабго чиясул цIар тIаса бищаниги, Дагъистаналда цебего гIемерисезул ракIчIун буго республикаялъул нухмалъулевлъун ГIабдулатIипов вукIине вугеблъиялда. Гьелъие нугIлъи гьабулеб бугила Рамазан ГIабдулатIиповасда цадахъ ругел цогидал кандидатазги. Масала, я Малик Баглиев, ялъуни Умупазиль ГIумарова гьесда данде гьедигIан цIайи бугел чагIилъун рихьулел гьечIо цIикIкIарасеб къадаралда.

ГIабдулвахIид Лабазанов: «Гьел кандидатал загIипал ратаниги ратичIониги, Путиница ГIабдулатIипов тIаса вищулев ватани, парламенталъги гьев вищула. Гьедин гьел цоязе къимат кинха кьелеб? Гьел кIиялго гIадамазда лъалел чагIиги гуро».

Малик Баглиевгун Умупазил ГIумарова Рамазан ГIабдулатIиповасда данде загIипал кандидатал ругилан цо-цояз рикIкIаниги, партияз рихьизарурал кандидатазда гьоркьор бищун къуватал ругин абулеб буго «Миллат» газеталъул бетIерав редактор МухIамад БисавгIалиевас.

МухIамад БисавгIалиев: «Дагьа-макъалниги хъулухъазда рукIарал, Пачалихъияб Думаялъул депутатлъун вукIарав ХIажимурад ГIумаровги Пенсиязул фондалъул нухмалъиялда вукIарав Амучи Амутиновги гурони, политикияб карьера бугел, рагIарал чагIи рукIинчIо гъора кандидатазда гьоркьор. Гьедин Малик Баглиевги Умупазиль ГIумароваги дагьалниги халкъалда лъалел чагIи руго. Амма президентлъун ГIабдулатIипов вищулеблъи лъалеб жо буго. Гьеб цебего лъалаан. ТIаде Путиницаги тасдикъ гьабуна. Парламенталъги гъол кIиялго рищуларо».

ЭР: «Парламенталда лъалеб букIунищ Путиние къваригIараб жо?»

МухIамад БисавгIалиев: «Путин вачIаралдаса Шималияб Кавказалда демократия абураб жо лъугьинчIо. Федералияб централъул хъаравуллъиялда гъоркь буго кинабго. Живго ГIабдулатIиповги кидаго халкъалъ рищиял гьабиялъул рахъкколев чи вукIана. Амма гьанже республикаялъул нухмалъулевлъун вахъиндал, федералияб политикаялда хадув ана. Жеги заман щун гьечIин абулеб буго гьес гьединал рищиязе. Унголъунги щунги гьечIоха».

Дагъистаналдаго гIадин, 8 сентябралда рищиял Гъалгъалазул республикаялдаги рукIине руго. Гьедин Путиница тIаса бищараб лъабго цIаралда гъорлъ руго гьабсагIаталда гьенив нухмалъиялда вугев Юнусбек Евкуровги, Гъалгъалалъ «Справедливая Россия» партиялъул нухмалъулев ГIурусхан Евлоевги, парламенталъул нухмалъулев хисулев МухIамад Татриевги.