«ГIурхъаби лъаларел репортерал» абулеб инсанасул ихтиярал ва рагIуе эркенлъи цIунулеб халкъаздагьоркьосеб гIуцIиялъ жиндирго иргадулаб докладалда абулеб буго цересел Совет Союзалъул республикабазда ахIвал-хIал соналдаса соналде квещлъулеб бугин.
Парижалда чIей гьабулеб «ГIурхъаби лъаларел репортерал» абулеб гIуцIиялъ арбагI къоялъ загьирабуна «ТIолго дунялалъул прессаялъул рейтинг» абулеб жиндирго иргадулаб санайил доклад. ХIисабалде босун буго 180 улкаялда бугеб ахIвал-хIал.
Машрикъалъул Европаялъул ва Централияб Азиялъул бюроялъул бетIер Иоганн Биррица Эркенлъи радиоялъе кьураб интервьюялда абулеб буго Россиялъул тIадтараз прессалде гьабулеб тIадецуй соналдаса соналде цIикIкIунеб бугин.
ЧIечIого къабул гьарулел руго цIиял къанунал. Ва гьеб жидерго пашманаб хIалбихьи Россиялъул тIадтараз тIолго регионалде экспорт гьабулеб бугин.
РагIуе эркенлъиялъул рахъалъан Россиялъ рехсараб докладалда кколеб буго 148 бакI. Иоганн Биррица гьабулеб буго баян.
Иоганн Бирр: «2013 соналда Россиялда гIемерал репрессивиял къанунал къабул гьарун ругоан прессалде данде.
Мисалалъе босани гIадатиял къиматал хIалтIизарулел руго батIи-батIиял гIадатиял ишазул хIакъалъулъ хъвадарулел журналистазде данде».
ТIадехун рехсараб сияхIалда 127 бакI кколеб Белоруссиялда низам цIунулез тIадецуй гьабулеб буго къватIабахъ тIоритIулел протесталъул акциязул хIакъалъулъ бицунел мухбирзабазде.
Гьезда абула гьел экстремизмалъул пропаганда тIибитIизабулеб бугин. Украина буго 127 бакIалда.
Иоганн Бирр: «Украиналда халат бахъунеб дандечIеялъ индексалъе асар гьабулеб гьечIониги, ахирисел моцIазда ккарал цо-цо хIужабазде ралагьун, данде кколеб къимат кьезе рес буго.
Масала аслиял медиа пачалихъиял олигархаз ричун роси, журналистазе зулму гьаби, электронияб почалдалъун ялъуни телефоназдалъун гьел хIинкъизари».
Казахстан ва Азербайжан руго – 161 ва 160 бакIазда.
Гьениб рагIуе эркенлъи тIубанго тIагIине бегьулин, абулеб буго Биррица.
Иоганн Бирр: «ГIамм гьабун абуни рагIуе эркенлъиялъул рахъалъан цере Совет Союзалда гъорлъ рукIарал республикабазда ахIвал-хIал бецIаб буго ва рекIелъ гIагалигун абизе ккараб буго соналдаса соналде жеги бецIлъулеб бугин гьеб».
Азербайжаналда ругел щинал телевизиониял каналал хIукуматалъул кьварараб контролалда гъоркь хIалтIулел ругин. ТIалъиялде мутIигIлъуларел журналистазде ва блоггеразде гьужумал гьарулел ругин низам цIунулез. Гьел руххулел ва рикъулел ругин.
Иоганн Бирр: «Гьеб ккола щибаб плюрализмалде тIадецуй гьабулел улкабазул цояб. Азербайжаналда президентасул рищиял байбихьизегIан гьениб политикияб оппозициялде, инсанасул ихтиярал цIунулезде ва хIукуматалъул гурел гIуцIабазде данде кьварарал ищал гьарун рукIана тIадтараз.
Рищиязда хадурги гьел нахъе гъун рукIана ва гьел рищиязул хIасил хIилла-макруялъул хIасиллъун букIун буго».
Казахстаналда бугеб ахIвал-хIалалъул Иоганн Биррица хас гьабун гьадин абулеб буго:
Иоганн Бирр: «Казахстаналъул хIакимзабаз гьенир рукIарал щинал миллиял оппозициониял ва эркенал информалатал къана 2012 соналда. ХутIана цо-цо бакIалъулал алатал.
Амма нагагьлъун цIодораб гуреб рагIи гьел журналистазул кIалдиса ялъуни къаламалъукьа кIанцIанани, хъващтIан бокьараб хIужа багьанадуеги босун, тIадтараз цебеккунго ургъараб гIайиб гьезде гIунтIизабилаан, ялъуни административияб жавабчилъиялде цIазе хIаракат бахъилаан».
115 бакIалда бугеб Тажикистаналда бугеб ахIвал-хIалалъул бицен гьабулаго, «ГIурхъаби лъаларел репортерал» абулеб гIуцIиялъул докладалъул автораз кIвар буссинабулеб буго гьениб тIобитIараб ахирисеб президент вищиялъул кампаниялде.
Лъидаго бачIеб прессаялъе кIал къазабун, хутIарал щинал президент Эмомоли РахIмоновасул пайдаялъе хIалтIизарулаан гьенир тIадтараз.
Иоганн Бирр: «Нижеда хIакъикъаталдаги бичIулеб гьечIо киндай Тажикистаналда информация тIибитIизабулел алатазда хурхараб ахIвал-хIал лъикIлъизабизе бегьулебали гьениб политикияб ахIвал-хIал хисизегIан ва президент Эмомоли РахIмоновас гьабулеб ханлъи ахиралде щвезегIан».
Кьварараб цензура бихьулеб буго 166 бакI кколеб Узбекистаналда. Ахирисеб заманалда гьенив ккун вуго 10 журналист. Амма унго-унгояб жужахIлъун журналистазе ва эркенаб прессалъе кколеб буго Туркменистан, ян абулеб буго докладалъул автораз.
РукIарал Совет Союзалъул республикабьазда гъорлъ бищун лъикIаб ахIвал-хIал бихьулеб буго Молдоваялда (56 бакI), Армениялда (78 бакI), Гуржистаналда (84 бакI) ва Хъыргызстаналда (97 бакI), ян абулеб буго Иоганн Биррица.
Иоганн Бирр: «Хъиргъизстаналъул прессаялда гIатIидго хIалтIизабулеб буго рокьукълъиялъул калам. Гуржистаналда ва Армениялда рищиял гIодобе биччараб куцалда тIоритIана цере рукIаралде данде ккун. Гьеб кIиябго улкаялда журналистазде данде зулму гьабулеб гьечIо.
Гьал улкабазда бихьулеб буго плюрализмалъул борхатаб даража ва пачалихъалъул дагьа-макъаб цензура. Амма гьелдалъун абизе ккеларо гьенир проблемаби тIагIанин.
Рехсарал улкабазда жамгIиятал рикьун рукIиндал редакциязда цебе захIматаб масъала баккун буго – кин жидерго лъидаго бачIеб пикру цIунизе кколебали абураб»
Хасаб бакI рехсараб докладалда кколеб буго Машрикъалъул улкабазда бугеб ахIвал-хIалалъ.
Масала ГIиракъалда журналистазул ва информация тIибитIизабулел алатазул хIинкъи гьечIолъиялъе квещаб асар гьабулеб буго гьениб халат бахъунеб дандечIеялъ ва зулмуялъ.
ГIиракъ гьеб докладалда бихьизабун буго 153 бакIалда.
173 бакI кколеб Ираналда 2013 соналда ккун вуго гьеб улкаялъул къватIисеб политика ккакулев 50 журналист ва блоггер.
Гъоркьисала Пакистаналда анкьго журналист чIвана ва «ГIурхъаби лъаларел репортерал» абулеб гIуцIиялъул докладалъул автораз абулеб буго тIадтараз расцин гIамал гьабулеб гьечIо гIайибиял ратизе.
Мадугьаллъихъ бугеб Афгъанистаналда (128 бакI) зулму гIатIидго тIибитIизабун бугониги, прессалда гIураб плюрализм бихьулеб бугин.
Иоганн Бирр: «Афгъанистаналда зулму гIатIидго тIибитIизабун бугониги, прессалда плюрализмалъул рахъалъан ахIвал хIал квещ гьечIо. 2014 сон кIвар цIикIараблъун букIине ккола, хасго гьениса халкъаздагьоркьосеб коалициялъул аскариял нахъе рачаралдаса хадуб».
Докладалда какулел руго цебетIураб демократиялъул улкабиги. Автораз абулеб буго Америкалъул Цолъарал Штатал ва КIудияб Британия 2013 соналда лъикIал гурел мисалал рихьизарун рукIанин жидерго миллияб хIинкъи гьечIолъи цIуни мурадалда хъачIал интерпретациял гьарун.
Гьелдалъун араб соналда Цолъарал Штатазул рейтинг бортанин 46 бакIалде (2012 соналда Америка букIана 33 бакIалда).
Лъабго позициялъ бортараб КIудияб Британиялъ ккуна 33 бакI. Бищун квещаб хIужалъун «ГIурхъаби лъаларел репортерал» абулеб гIуцIиялъ рикIкIунеб буго гьел улкабазул тIадтараз информаторазде данде хал кквей гьаби.
Дагъистан республикаялъул журналистазул цолъиялъул бетIер Камалов ГIалица абулеб буго Россиялда рагIуе эркенлъи гьечIо, ян абизе кколарин, щай гурелъул руго гIемерал журналистаз жаза гьечIого эркенго гьереси бицунел ва тIибитIизабулел. Аммаила, гьеб бугин эркенлъиялъул гIаксаб рахъ.
«Независимая газетаялъул» хасав мухбир дагъистанияв Милрад Фатуллаевасул гьадинаб пикру буго Дагъистаналда бугеб ахIвал-хIалалда хурхараб.
Милрад Фатуллаев: «Дагъистаналъул хIакъалъулъ бицани, хIакъикъаталдаги абизе бегьула гьениб рагIуе эркенлъиялъул даража гIураб къадаралда борхатаб бугин. Гьелъие чанго гIиллаги буго.
Шималияб Кавказалъул цогидал республикабазде данде ккун, гьезда гъорлъ - мадугьаллихъ бугел ва тIалъи авторитарияб къагIидаялъ бачунел Чачан республикаялдаги Гъалгъастаналдаги - Дагъистан ккола гIемермиллаталъулаб республика.
Ва гьениб бихьулеб рагIуе эркенлъиялъул даражаялъул бицен гьабулаго, гIадахъ босизе ккола Дагъистаналъул хаслъи.
Дагъистан ккола тухумлъиялъ бикь-бикьараб республика. Ва гьенир ругел политикиял ва финансиял къукъабазкидаго гIамал гьабулаан прессаялъе жидерго асар гьабизе.
Гьединлъидал Дагъистаналда гьечIо прессаялда хурхараб монополия. ХIатта советияб заманалда рукIана гьенир цоцазулгун къацандулел элитаби.
Гьез хIаракат бахъулеб букIана централияб, ялъуни Шималияб Кавказалъул прессаялда жидее пайдаяб информация загьирабизе.
Гьале Дагъистаналъул хIакъалъулъ бицине бьегьулеб рагIи. Гьай-гьай буго гьениб жиндирго хаслъи».
Дагъистаналда бугеб рагIуе эркенлъи – гьеб тIалъиялъул икъбал гурин, гьеб бугин жалго журналистазул бахIарчилъи ва тавакаллъи, ян абулеб буго Камалов ГIалица. Амма гьаб эркенлъиялъул даража цIакъ багьаяб бугин.
Камалов ГIалил пикруялда разияв вуго Милрад Фатуллаев. Ва гьес абулеб буго, журналистал чIваялъул ищал рагьизе хIаракат бахъунгутIи – гьебги бакIаб такъсир бугин, тIадтараз гьабулеб.
Милрад Фатуллаев: «Унгоги, цIикIкIараб багьа буго гьадинаб эркенлъиялъул. ГIумру бичун босараб. Амма журналистал чIвай гуребги, аслияб такъсирлъун рикIкIине ккола чIвадарухъаби ратизе низам цIунулезе бокьун гьечIолъи.
Гьединал такъсирал рагьичIого хутIула гьел киналго такъсирал хехго рагьизе рес букIун батаниги. Гьел рагьулел гьечIо цереккунго ургъун.
Мисалалъе босани журналист ХIажимурад Камалов чIвай. ТIадтараз гьеб такъсир жидерго контролалда гъоркь босичIо. Халатаб заманалда жаниб цо идараялде цогидаб идараялде рехулеб букIана цIех-рех гьабиялъул ищ.
Федералияб даражаялде гьеб ищ щвечIо, Шималияб Кавказалъул даражаялда хутIана. Гьале дида ккола, гьебги буго цойги такъсир редакциялдеги чIваразул гIагараздеги данде гьабулеб.
Гьелдалъун киналго журналистазде ишара кьолеб буго тIадтараз - щиб абизе бегьулеб-щиб бегьулареб абураб. Хасго гьеб сабаблъун такъсиразул цIех-рех щвалде щолеб гьечIо киданиги.
Милрад Фатуллаевасул пикруялда Россиялда цо-цо газетаби эркеналлъун рикIкIун ругониги, гьелги тIубанго эркенал гьечIо.
Милрад Фатуллаев: «Дида ккола гьаб гIагардисеб заманалда рагIуе эркенлъиялъе тIамулел гIурхъаби жегиги къварилъизе ругин ва 141 бакIалдаса эхеде бахине Россиялъе ресги щвезе гьечIо.
ТIубараб эркенлъийин - дир хIисабалда гьечIо кибниги. Гьеб хурхараб буго экономикияб ахIвал-хIалалда. Централъ прессалда тIад контроль гьабизе буго нахъеги.
Дагъистаналдаги Москваялдаги унеб бугеб къец халат бахъине буго.
Россиялъул Федерациялда рагIуе тIубараб эркенлъи щвела "Новая газета", "Эхо Москвы" гIадал информалатал олигархазул, ялъуни президентасул администрациялъул вакилзабазул асаралъукьа рорчIани.
ГьабсагIат ругел либералиял информалатазул щулиял бухьенал руго гьел тIадехун рехсарал къукъабигун.