Нижеца гьеб лъимадуе рагIи кьун букIана гьесул эбел-эменлъун рукIине

Араб соналъул ахиралда Россиялда къабул гьабуна Америкалдаса гражданазе Россиялдаса хьихьизе лъимал рачине гьукъулеб къанун. Гьеб хIужаялъ кIудияб зарал гьабуна россиялдаса лъимал рачиналъул процесс ахирисеб стадиялде щварал америкалъул хъизаназе. Эркенлъи Радиоялъул мухбир Ричард Солашица гара-чIвари гьабуна жинца бачунеб букIараб лъимер жиндихъе щвезегIан къеркьезе ракIалда бугей цо ва бицен гьабулеб къанун къабул гьабиялалде цебе хьихьизе яс ячарай цоги эбелгун.

Мэрица Престонил хIакъалъул абуларо жинда хьихьизе вачине ракIалда букIарав васин. Россиялъул аза-азар лъималазул рукъзазул цоялда вугев 21 моцI барав васасде гьелъ абула «жиндир васин». Гьелъие къваригIун буго гьев рокъове вачине, амма лъалеб гьечIо кидаяли.

Марияца журналистазда гьарана жиндир цIар хисизабеян. Гьейги гьелъул росги ккола бицен гьабулеб къануналдаса бищунго кIудияб зарал ккарал америкалъул 46 хъизаналъул цояблъун. Щибаб гьеб хъизаналда жидеца бачине бугеб лъимер бихьун букIана кIи-кIи нухалда ва гьел балагьун чIун рукIана ахирисеб 30 къоялъул болжал инегIан гьел лъимал рокъоре рачине. Амма гьел рачине гьукъулеб къанун къуваталде лъугьана 1 январалда.

Амма гьеб къуваталде лъугьин жидер ишалъул ахирлъун бихьулеб гьечIо Мариядаги гьезул къукъаялдаса жеги чанго хъизаналдаги. Гьезие гьеб лъугьун буго цIияб процессалъул байбихьилъун. Цо-цояз гьарулел руго консультациял гIурусазул юристалгун цогиял рачIунел руго Россиялде жидер хъизаналъул гIахьалчилъун лъугьараб лъимар гъоркь тун инарин мурадалда. Марияги ккола гьединазул цояй.

Мария: «Бюрократия кин хIалтIулеб бугебали балагьун чIечIого улкаялдеги щун бажарараб гьаби лъикIаблъун бихьулеб буго дида. Гьебги гьеб гьукъиялде балагьичIого. Гьеб буго нижер лъимада хъинтIулеб суал. Гьеб нижер лъимер буго. Гьелъул эбел-инсуца гьабизе кколеб нижецаги гьабизе буго».

Россиялъ америкалдаса гражданазе лъимал хьихьизе рачине гьукъиялъе гIиллалъун рехсолеб букIана гьел гьез квешго хьихьулел рукIин ва ракIалде щвезабулеб букIана россиялдаса хьихьизе рачарал лъимазда хурхун Америкалда ккараб чанго трагедия. Гьезул цояб ккола Дима Яковлевасда хурхараб. Гьев хьихьизе вачарав инсуда багIарараб къоялъ гьитIич кIочона жиндирго автомашиналда жанив ва Дима гьесда хун ватула.

Амма гьеб гIиллаялдасаги кIудияб кIвар буссинабулеб буго экспертаз гьеб къанун Америкалъ къабул гьабураб «Сергей Магнитскиясул къанун» абун лъалеб къануналъе жаваб хIисабалда бахъараб букIиналде. Юрист Магнитский Москваялъул цIех-рехалъул изоляторалда медициналъул кумек гьабичIого хвезе теялда щаклъи бугевщинав россиялдаса хъулухъчиясе Америкалъ санкциял чIезари рекIее гIолеб букIинчIо Россиялъе.

Россиялда буго 700 азарго бесдал-лъимер ва гьел хьихьизе рачунел хъизабиги улкаялда –гьезул къадаралде данде ккун- гIемерал гьечIо. Россиялдаса хьихьизе лъимал рачунел хъизаби бищунго цIикIкIун руго Америкалда ва гьел лъималазул гIемериселги руго сакъатал лъимал. Лъималазул ихтиярал цIунулел активистаз Москваялда гьабулеб буго халкъалъул бищунго цIуничIеб гъат хIалае босун политикиял хIаял гьарулел рукIиналъул гIайиб.

Гьебго заманалда Америкалъул Пачалихъияб департаменталъ Россиялъул тIалъиялда гьарулеб букIана тIадехун рехсараб ва бюрократиял киналго процедураби нахъа тараб 46 хъизамалдагIаги лъимал рачине теян.

Марияда ракIалда гьечIо жиндирго васги Россияда тун тIадюссине

Мария: «Нижеца гьеб лъимадуе рагIи кьун букIана гьесул эбел-эменлъун рукIине. Гьесие кьураб рагIиялдаса инкар гьабизе нижеда ракIалда гьечIо. Гьеб буго дир лъимер ва дие гьеб ракI-ракIалъ бокьула. Гьев дихъе кьечIони, дун чIезе йиго гьаб улкаялда. Вас тезе ракIалда гьечIо дида».

Россиялдаса лъимер бачараб хъизаназул ахирисеблъун букIанин абизе бегьула 50 барай Жоэль Зимианил хъизан. Красноярскалъул лъималазул рокъой йикIарай лъабго сон барай Алина гьелъ ячун йиго шамат къоялъ 29 декабралда. Бер унтарай Алина итни къо щвезегIанго нахъе ячеян гьарун буго гьелда гьей егун йикIараб бусен цоги бесдал-лъимадуе къваригIун бугин.
Иш гьедин ккун букIинчIебани, гьей ячинецин кIвезе букIиналда щаклъи букIанин абуна Жоэлица.

Жоэль Зимиани: «ГIурхъи бахунаго документазул хал гьабулей гIаданалъ мухIканаб хал гьабуна щибаб тамчил. Алинаги дунги гьелда цере эхетун ратила бащдаб сагIаталъ. Ахирги гьей гIаданалъ абуна «Бай-бай! Нух битIайгийин!» Дир гIодизе бачIана гьеб мехалда».

Жидер лъимал жидехъе щвезе рукIиналда хьул дагьлъулеб бугел америкалдаса улбузе Жоэлица гьарулеб буго мурадалде щвей.

Ричард Солаш