ТΙадегΙанасул "рагΙигун" сапаралде...

Россиялъул маххул нухазул компаниялъул планалда буго халатаб манзилалъул маршрутазул поездазда христианиял программабазул радиотрансляция байбихьизе. Гьединаб галиялде пачалихъияб компания инехъин буго, ГΙурусазул Православияб ГьатΙаналъул инициатива гΙадахъги босун. Амма улкаялда гьеб план ракΙалъе гΙечΙого букΙине бегьула гΙемер гΙадамазе. Щай?
КватΙичΙого россиялъул маххул нухазда пассажиразул рес баккизе бегьула тарихалъул, философиялъул, хасго гΙурусазул православиялъул лъай щулалъизабизе. Журналист Людмила Борзякица «Радио Россииялъул» эфиралде кьолел гьединаб хасияталъул программабазул аслияб бутΙа гΙагарисел моцΙазда биччазе ракΙалда буго халатал манзилалъул маршрутазда ругел 200-гΙанаб поездалъул радиоялдасан.

Гьел программабазул темаби хурхарал руго ГΙурусазул Православияб ГьатΙаналъ мунагьал гьечΙеллъун лъазаруразул машгьурал гΙадамазул, мисалалъе, Русь гΙуцΙулеб мехалъ пачахΙлъиялда вукΙарав Владимир ва гьесул лъади Ольгал гΙумруялда. Пассажиразул рес букΙине буго гьединго Фалес ва ГьитΙинав Плиний гΙадал классикиял философазул пикрабазулгун лъай-хъвай гьабизе. РукΙине руго программаби тΙоцере батΙи-батΙиял алатал, къагΙидаби, механизамал гьариялъул ва гьезул авторазул хΙакъалъул бицунел.

Пачалихъалъул маххул нухазул компаниялъул пресс-секретарь Елена Мирошников: «Нижеца рикΙкΙуна гьеб проекталъ квербакъи гьабизе бугин жамгΙияталъул культуриябгун лъаялъул менталитет лъикΙаб рахъалде хисизабиялъе. Гьелъул мурад буго гьединго жиндирго улкаялъул букΙаралъул адаб гьаби гΙадал хазинаби цΙуни, рухΙияб рахъалъа цебетΙей.»

Амма гьеб проекталда хурхун гьанжеялдаго загьир гьабулеб буго пуланаб скептицизм. Цо-цо экспертаз рикΙкΙунеб буго гьелъ конституциялда пачалихъиял гΙуцΙиязда хурхун бихьизабураб секуляризмалъул принцип хвезабулеб бугин. Гьелда бан разигьечΙолъи загьир гьабулеб буго христианазул къадар дагьал регионазда.

Казань шагьаралдаса Ι7 сон барай Адиляца абулеб буго, гΙицΙго християназул диналда хурхараб тема бугони, гьеб ракΙалъе гΙезе гьечΙин татаразеян.

Адиля: «Дун чΙван къотΙун данде йиго гьелде. Дун щибаб къойил рекΙуна поздазда. Дие бокьилароан гΙицΙго православиял программабазухъ гΙенеккизе. Хасго гьел гΙицΙго гΙурус мацΙалда гурони кьолел гьечΙони. Цо-цо гΙадамазни гьеб къабул гьабизе бегьула жал хΙакъир гьари хΙисабалда. Хасго гьез исламалъул гуреб, гΙицΙго христиназул диналъул бицунеб бугони.»

Россиялъул радиоялъе гьел программаби хΙадур гьарун рукΙана ГΙурусазул Православияб ГьатΙаналъул гΙахьаллъигун ва щуго бутΙаялдаса лъабгоялда бицунеб буго гΙицΙго диналъул хΙакъалъулъ. Пассажиразул радиоялъухъ гΙенеккичΙого чΙезе рес букΙаниги, гьатΙаналъул тарихалъул рахъалдаса эксперт Ирина Карацубаца рикΙкΙунеб буго, поезд гΙадал жамгΙиял бакΙазда диниял программаби кьеялъ, гΙадамазул диналдаса ракΙ буссине бегьулин.


Амма Мирошниковалъ нахъ чΙвалеб буго гьеб инициатива прозелитизмалда, ай цоял цогидал диналде руссинариялъул мурадалда хурахараб букΙин.

Елена Мирошников: «Православие ккола нилъер улкаялъул бутΙа ва история. Программабаздаги гьеб бихьизабун буго гьединаб къагΙидаялда. Нижеца нижедаго цебе лъолеб гьечΙо доб яги гьаб конфесиялъул пропаганда гьаби.»

Россиялъ официалияб къагΙидаялда лъазабула, жиб кколин гΙемер конфессиязул пачалихъин ва гьелда хурхун загьир гьабулеб букΙуна чΙухΙиги. Гьелдаго цадахъ ахирисел соназда пачалихъалъул кΙудиял хъулухъчагΙазде гΙайибал чΙвалел руго гьез Москваялъул Патриархиялъулгун гΙорхъабаздаса рорчΙун «гьудуллъи» гьабулеб бугин, пачалихъ диналдаса батΙа гьабун букΙиналъул конституциялъул принцпци хвезабунинги абун.

ГΙурусазул Православияб ГьатΙаналъул бетΙер Кириллица лъазабун букΙана президент Владимир Путинил нухмалъиялъул заман бугин «ТΙадагΙанасул хΙикмалъийин». Путинил бищунго рахъ кколев Россиялъул маххул нухазул бетΙер Владимир Якуниницаги балъголъи гьабуларо диналдехун бугеб жиндирго рокьялъул.

ГΙурусазул православияб гьатΙаналъе гьабулеб кумекалъе гΙоло гьев чанго нухалъ лъугьана гьатΙаналъул шапакъатазул лауреатлъун. Гьебги щиб Россиялъул гьатΙанал гуребги, гьесде жидерго кΙвар буссинабуна гьединго Грециялъул, Сербиялъул, Цолъарал штатазул, Чехиялъул ва Словакиялъул православиял гьатΙаназ.