Human Rights Watch абураб халкъазда гьоркьосеб инсанасул ихтиярал цΙунулеб гΙуцΙиялъ лъазабулеб буго, Шамалда загьирлъулеб хΙакъикъат кколила инсанияталде данде такъсирила ва гьелъул гΙайибиял чΙезаризе кколила Халкъазда гьоркьосеб диваналда церейила.
Талат къоялда Каиралда ГΙарабазул улкабазул лигаялъул, туркиялъул ва гΙарабазул ратΙа чΙарал улкабазул хΙаракаталдалъун тΙоритΙарал кΙалъа-басаязда шамалъул оппозиция ахΙана цолъун, президент Башар Асадил нухмалъиялъе щвалде щвараб альтернатива гΙуцΙиялде.
Конференциялда гΙахьаллъана оппозициялдасан кΙинусгогΙанав чи. Амма гьелъие бойкот лъазабуна Асадил къуватазде данде къеркьолеб «Шамалъул эркенаб армия» абураб гΙуцΙиялъ.
Шамалъул яргъид гΙуцΙараб оппозициялъ нахъ чΙвалеб буго гьанжесеб режималде хурхен бугел гΙадамал гъорлъе ине рес кьолеб арал гΙодор къояз дунялалъул асар кΙудиял улкабазул вакильзабаз гΙуцΙараб политикияб къагΙидаялда улкаялъул нухмалъи хисиялъул план.
Каиралъул конференциялъул низам хвезабунилан абизе бегьула гьединго, «Шамалъул революциялъул Генералияб Комиссия» абураб гΙуцΙиялъул вакильзаби, гьез абухъе, "политикиял бахΙсазе" гΙоло, кΙалъа-басаяздасан нахъе иналъги.
Гьеб гара-чΙвариял заманалде данде ккана Human Rights Watch абураб инсанасул ихтиярал цΙунулеб халкъазда гьоркьосеб гΙуцΙиялъ шамалъул хΙукуматалъул къуватаз систематикияб къагΙидаялда гΙадатиял гΙадамазе гΙазаб кьолеб букΙиналъул хΙакъалъулъ бицунеб хасаб доклад биччай.
Гьеб гΙуцΙиялъ риккунеб буго шамалда загьирлъулеб хΙакъикъат кколила инсанияталде данде такъсирила ва гьелъул гΙайибиял чΙезаризаризе кколила Халкъазда гьоркьосеб такъсирияб диваналда церейила.
Human Rights Watch гΙуцΙиялъул цехх-реххчи Оле Солванг: "ТΙолабго Шамалда добаги гьанибги, кисса-кибего, нухмалъиялъ чΙезарун руго хасал гΙазаб кьолел централ, лахΙрукъзал. Гьезул кΙудияб къадар, гьеб тΙубараб система букΙиналде балагьун, бихьулеб буго, гьеб инсанияталдае данде такъсир букΙин."
Human Rights Watch гΙуцΙиялъул докладалъул пикраби такрар гьаруна Цолъарал миллатазул гΙуцΙиялъул инсанасул ихтияразул рахъалдасан тΙадегΙанай комиссар Нэви Пиллейицаги. Гьелъги риккунеб буго шамалда загьирлъулел вахΙшиял такъсирал гьоркьор лъезе кколин Халкъазда гьоркьосеб такъсирияб диваналда.
Неви Пиллэй: "Дида бихьухъе, кΙиябго рахъаул, хΙукуматалъул рагъул къуватазулги ярагъгун гьезде данде чΙарал оппозициялъул къватазулги хΙаракатчилъиялдаса зарал ккана гΙадатиял гΙадамазеги. Гражданиял гΙадамазде тΙаде кΙанцΙиял гьарурал жавабчилъиялде цΙазе ккола."
Пиллейица абулеб буго шамалъул армиялъ гьарулел вахшиял такъсирал загьирлъулел ругила щибаб къойилгогΙадинила. Оппозициялъулал армиялде данде къеркьолеб заманалда, рагъулал ругила руччаби хΙакъир гьарулел ва азарханабазде тΙаде кΙанцΙулелила, абун жубалеб буго гьелъ.
Гьелъ гьединго квешаб къимат кьунаШамалъе ярагъ бичи халат бахъунеб букΙиналъе, амма я Россия, я Иран гьелъ рехсечΙо, гьелъие ярагъ бичулел аслиял улкаби гьел рукΙаниги. Оппозициялъе ярагъ кьолел улкабилъун риккунел руго Катарги СагΙудиязул ГΙарабияги. Лъабибабилеб улка - Цолъарал штатаз оппозициялъе кьолеб рагΙуна чи хвезавулареб ярагъ.
Шамалда зулму халат бахъунеб буго. Армиялъ кьаби щвезабулеб буго гΙадатиял гΙадамаз гΙумру гьабулеб Хомс шагьаралъул къватΙазда.
Шамалда инсанасул ихтиярал цΙуниялда хадуб хал кколеб къокъаялъул лъазабиялда рекъон, гΙицΙго итни къоялда улкаялда тΙагΙинавун вуго бищун дагь босун 30 чи. Гьелъулго хΙисабалда, цебесеб соналъул марталдасан Башар Асадил режималде данде чΙей байбихьаралдасан улкаялда хун вуго кинавгΙаги Ι6 азаралда щунусгоялдасанги цΙиккун чи.

Эркенлъи радио