Р. ГIабдулатIипов: «Рохьилал гIемерлъи – мугIалимзабазул гIайиб»

ГIабдулатIипов Рамазан, Махlaчхъала, 20Aвг2013

Къоабилеб августалда МахIачхъалаялда гIурус театралъул минаялъуб тIобитIана Дагъистаналъул лъайкьеялъул хIалтIухъабазул санайилаб августалъулаб данделъи. ЦIияб цIалул соналде хIадурлъиялъул бицунеб гьеб тадбиралда кIалъай гьабуна республикаялъул президентасул ишал тIуразарулев Рамазан ГIабдулатIиповас. Президентазулги, премьеразулги, спикеразулги хIалтIудасаги кIвар цIикIкIараб пиша бугин мугIалимасулилан абуна ГIабдулатIиповас, чи куцазе божилъи гьабун бугила гьесда.

Дагъистаналда цIиял мактабал ва лъималазул ахал разе Москваялъ кIиго миллиард гъурущ биччан бугиланги бицана гьес.

ГIумру-яшавалъул киналго рахъаз Дагъистан Россиялъул икълимазда гьоркьоб ахирисел бакIазда бугиланги абуна ГIабдулатIиповас.

ГIабдулатIипов Рамазан: "Тарихияб, инсанлъиялъулаб, рухIияб, экнономикияб кIудияб бечелъи буго Дагъистаналъул. Амма, гьедин букIаниги, социалиябгун экономикияб цебетIеялъул киналго роценазда рекъон, Россиялъул Федерациялда ахирисеб бакIазда руго нилъ. Гьебищха нилъер бечедаб, гьарзаяб Дагъистан, хIаракатал, гьунар бугел, хиса-басиял рокьулел гIадамазул ватIан? Ахирал соназда ругел тарихиял шартIазда гьел ресал пайда босичIого хутIана. Нилъер аслияб суал : халкъги тIадчагIиги батIи-батIиял рахъазда рукIин, гьездда гьоркьор такъсирчагIиги, хъачагъалги, цIогьалги гурони рукIинчIолъи.

Изну гьечIого яргъид гIуцIаразул къокъабазулъе, рохьилазул кьеразулъе гIолилал унел рукIинги мугIалимзабазул гIайиблъун рикIкIунеб бугоан республикаялъул нухмалъулес".

ГIабдулатIипов Рамазан: "ХъулухъчагIаздаго бащад жиндир цIалдохъабазул даражаялъул жаваб кьезе ккола мугIалимзабазги. Машгьураб Дагъистаналъул росу гIемерал соназ 15 хъачагъасул асирлъуда, гъоркьлъалие лъун бугеб мехалъ, гьеб росдал мактабалъул нухмалъулес гьеб ахIвал-хIалалъухъ жавабги кьолеб гьечIони, нилъ кире унел ругел. Гьединал росабалъе щведал, мугIалимзабаз абула гьев хъачагъ лъикIав цIалдохъан вукIанилан, цогидав хъачагъ бищун лъай цIикIкIарав вукIанин. Бихьулеб буго, нилъер жамгIияталда ва лъайкьеялъул гIуцIиялда гIолареб жо гIемер букIин.

Дагъистаниязул рухIияб рахъ борхизабизе ккеялъул бицунаго, ГIабдулатIиповас абуна ракьазулги цогидалги суалал миллатчилъиялда хурхинаризе бегьуларилан".


Дагъистаналъул лъайкьеялъул хIалтIухъабазул санайилаб августалъулаб данделъи, Махlaчхъала,20Aвг2013

ГIолохъанаб гIелалъе сахаб лъайги тарбияги щолеб хIал гьечIин МахIачхъалаялда, лъималазул ахал цIакъго дагь ругин, гьезул бакIалда тукабиги цоги дармил рукъзалги ругин къватIазда ранилан, республикаялъул тахшагьаралъул цере рукIарал тIадчагIазе квешаб къиматги кьуна президентасул ишал тIуразарулес.

ГIабдулатIипов Рамазан: "Дагъистан Республика цебетIезабиялъул анцIго аслияб рахъ бихьизабуна нижеца. Гьениб хIисабалде босарабщинаб гIумруялде бахъинабуни, 2018 соналде республикаялъул бечелъи лъабцIул цIикIкинабизе кIола нилъеда. ЦIиял заводал разе, басрияздаса шагьарал эркен гьаризеги кIола. Капитализм гIуцIулаго, сверухълъи хвезабуна нилъеца. Цевесев мэрасдаги абун букIана дица МахIачхъала шагьаралда аза-азар тукабиги базаралги ран ругилан, амма инсанасе бакI гьаниб тун гьечIилан. Лъималгун хIухьбахъизе, тира-сверизе бакI батуларо шагьаралда. ЦIияб куцалда къачIазе ккола тахшагьар".

Мактабазул ва цIалдобахъазул даража борцунеб къагIидаялдаги рази гьечIоан ГIабдулатIипов. Халгьабизе вачIарас, хинкIал жинда цере лъуни, тIадегIанаб къимат кьолила мугIалимзабазе, гьединаб тасамахIлъи тезе заман щун бугилан абуна гьес.

Данделъиялда кIалъана Дагъистаналъул лъайкьеялъул ва гIелмуялъул министр Артур ТIалхIатовги. ХIалтIулъ бергьенлъаби рихьизарурал мугIалимзабазе ГIабдулатIиповас кьуна шапакъаталги.

ГIемераб ахIи-хIур бахъинабураблъун ккола мактабазда цIалдохъабаз ретIине бихьизабун бугеб хасаб ретIелалъул суалги. Россиялъул президент Владимир Путиница абуна школазда хIижаб хIажат гьечIилан. КIаз чIвазе бегьунгутIи гьечIилан бицана ГIабдулатIиповас мугIалимзабазул дандеруссиналда. Исанаги кIудияб хъуй бахъун букIана цогояб экзаменалда сверухъ. Гьеб масъалаялъул рехсейго гьабичIо жиндирго кIалъаялда республикаялъул нухмалъулес.