Шамат къоялда Крымалде виччан гьечIо Крымалъул татаразул халкъалъул лидеразул цояв МустIапа Джемилев. Гьев дандчIвазе рачIарал Крымалъул татаразул нус-нус чияс гIорхъода гIуцIун буго протесталъул акция.
Гьелдаго цадахъ регионалъул прокуратураялъ Крымалъул халкъалъул мажлисалъул бетIер Рефат Чубаровасул кIвар буссинабун буго, гьесул «экстремистияб хIаракатчилъиялде» ва хIинкъиялд кьолел руго гьезул гIуцIиялъул хIалтIи гьукъиялъул.
Живго Джамилевас лъазабулеб буго Россиялъул нухмалъиялъ гьарулел ругин киналгIаги халкъазда гьоркьосел къануназде данде кколарел галабиян. Гьел лъугьа-бахъиназда хурхун гьанже багъарулеб буго «лъазабиязул рагъ».
МустIапа Джемилев: «Крымалъул татаразул халкъалъул Мажлисалъул хIалтIи халат бахъине буго бащдабчIинкIиллъиялда, гьелъул хIаракатчилъи гьукъун, нухмалъулел аресталде гъоркье росаници.»
Гьединаб букIана Джемилевасул реакция Кремлалъ Крымалъул прокурорлъун тIамурай Наталья Поклонскаялъ Рефат Чубаровасе гьабураб лъазабиялде бан.
МустIапа Джемилев: «Жинца жибго лъазабураб Крымалъул нухмалъилъ къазе бегьула Крымалъул татаразул халкъалъул мажлисалъул мина, гьелъ аресталде гъоркье росизе бегьула лидерал. Гьедин ккани, рищизе руго цIиял. Мажлисалъул офис къани, бакIалъулал мажлисаз жидерго хIалтIи халат бахъинабизе буго - балъго букIа, балъго гьечIого букIа.»
Жидерго лидер Крымалъул территориялде виччалев гьечIеблъи бихьун, манифестация гIуцIарал гIадамаз бихизабун букIана Россиялъул спецназалъул кордон.
Крымалъул татараз манифестация тIобитIараб Армянск шагьаралдеги вачIун шамат къоялда Россиялъул Жанисел ишазул министерлъиялъул Крымалда бугеб идараялъул бетIер Сергей Абисовас лъазабун букIун буго Джамилевасе Крымалде вачIине гьукъулеб бугин. КIиабилеб маялдаги россиялъул нухмалъиялъ МустIапа Джемилев виччан вукIун гьечIо Москваялдеги.
Джемилев гIорхъода дандчIвазе шамат къоялда вачIана Крымалъул татаразул нус-нус чи. Жидерго миллияв лидеразул цоясе ватIаналде нух къаялда хурхун протест загьир гьабулаго, гьез къан букIана бащдабчIинкIиллъиялъул аслиял трассаби. Жиндиего Крымалде нух къаялда бан гьадин лъазабуна журналистазда Джемилевас.
МустIапа Джемилев: «Гьеб ккола киналIгаги нормабазде хурхен гьечIеб къанунияб гуреб акт. Амма нижеца гIамал гьабуна нижее гIадатияблъун кколеб, демократияб, зулму гьечIеб къагIидаялда гьеб рагIалде бахъинабизе. Дун дандчIвазе гьанире рачIун руго нус-нус машинаби. Щай гурелъул, нужедаги лъалеб батила, кIалзул буюри кьун, дие гьукъун буго Крымалъул территориялде вачIине. Дица булеб буго кIалзул буюриян, щайгурелъул гьез дида я гьаниб, я Шереметьевоялда бихьизабичIо мугьраби яги гъулбасал ругеб кинабгIаги документ. Дун гьаниве щвана хас гьабун гьаниб къанунал хвезарулеб куц халкъазда гьоркьосеб жамгIияталда бихьизабиялъул мурадалда.»
Джемилевас абулеб буго жидер халкъ цолъараб бугин, амма Россиялъул нухмалъиялъ жигIараб хIалтIи гьабулеб бугин Крымалъул татарал рикьизаризе ва гьелъул вакильзаби жидеего пайдагун хIалтIизаризе.
МустIапа Джемилев: «Крымалъул татаразда гъорлъан жидеего кумек гьабулел гIадамал ратиялъул мурадалда унеб буго жигараб хIалтIи. Гьезие битI кколеб гьечIо. Цингиги гьез доре щвезарулел руго Казаналъул татарал. Крымалда Казаналъул аслияв татарав ккола автономиялъул вице-премьерлъун. Гьесда цIар буго Рустам ТемиргIалиев. Гьесул инсулги буго гьениб пуланаб хъулухъ. Къокъго абуни, Крымалъул татарал жидехъего руссинаризе кIолеб гьечIониги, гьез ниж рикьизариялъул хIалтIи халат бахъинабулеб буго."
Украиналъул къватIисел ишазул министерлъиялъ лъазабуна, гьеб кколин референдумалда ва Крымалъул аннексиялда хурхун компромисс гьечIеб позиция ккун букIиналда бан, Россиялъул нухмалъиялъ Джемилевасда бецIизабулеб букIиналъул ишарайин.
Эркенлъи радиоялъул эксперт Игорь Семиволосица рикIкIунеб буго, гьеб лъугьа-бахъиналда хурхун конфликт халат бахъине бугин ва ахIвал-хIалги гьениб хIалуцине бегьулин. Гьединаб къагIидаялда Крымалъул нухъмалъиялъ бихьизабулеб бугин, жидеда гьанже Крымалъул татаразде тIадецуй гьабизеги бажарулеб букIинин. Гьел хIужжабиги кколин гьелъул баянаб демонстрацияйин.
Туркиялъул къватIисел ишазул министр АхIмат Давутоглуда ракIалда рагIула Европаялъул Мажлисалъул министразул комитеталъул данделъиялда Россиялъ Крымалъул аннексия гьабун хадуб татаразде тIадецуй гьабулеб букIиналъул суал борхизабизе. Гьелъул хIакъалъулъ хъвалеб буго Туркиялъул «Гьюриет» газетьаялъ. Гьелда хасго кIвар буссинабизе рагIула Крымалъул татаразул лидер МустIапа Джемилевасе бащдабчIинкIиллъиялде нух къваялъул хIужжаялдеги.