Россиялда изну гьечIого яргъидгIуцIаразул рахъ кколле сайтаз лъазабулеб буго гьезул лидер Доку ГIумаров хун вукIиналъул. Гьеб баяналъул кинал рукIаниги мухIканлъаби гьез кьолел гьечIо, гьечIо гьединго, россиялъул рахъалдасан гьеб хабар уяб гьабулел баяналги. Эркенлъи Радиоялъул цIиял харбазул хъулухъалъ цIех-рех гьабуна, цебеги чанго нухалда хванин лъазабун вукIарав, Россиялда бищунго ралагьулел гIадамазул цоясул гIумруялъул.
ГIемерал соназ Россиялда бищунго лъикI ралагьулел гIадамазул цоявлъун рикIкIуна Шималияб Кавказалда изну гьечIого яргъидгIуцIаразул лидер Доку ГIумаров.
Чачаналъ 1994 соналда рагъ бихьараб мехалда гьелде гьоркьове лъугьарав ГIумаровас нахъ тана гьес жинцаго лъазабураб Имарат Кавказалъул нухмалъулесде щвезегIан нух. Гьес тIаде босана Россиялда гьарурал чанго батIиял терактазул жавабчилъиги.
Доку ГIумаров гьавуна 1964 соналда Шатой мухъалъул Харсеной абулеб росулъ. Гьес лъугIизабуна Грозныялда нартил институталда бакIал ралезул факультет. Гьев вукIана Чачаналъ унеб букIараб кIиябго рагъул гIахьалчи. Гьесие щун букIана бажари бугев ва къуркьуларев командирасул репутацияги.
2005 соналда Эркенлъи Радиоялъе кьураб интервьюялда ГIумаровас бицун букIана чачаналъ тIоцебе рагъ байбихьараб мехалда жив Москваялда вукIанин ва жинца хIукму гьабунин унго-унгояв патриот хIисабалда ВатIаналъе гIоло вагъизе инейин.
Чачаналъ тIоцебесеб рагъ лъугIун хадуб лъидаго бачIеб Ичкериялъул тIоцевесев президент Аслан Масхадовас ГIумаров тIамула республикаялъул ХIинкъигьечIолъи цIуниялъул хъулухъалъул бетIерлъиялда.
КIиабилеб рагъул заманаялда гьес нухмалъи гьабулеб букIана «Жанубиябгун-магърибалъул фронталъе».
2005 соналда жинцаго лъидаго бачIеблъун лъазабураб чачаназул хIукуматалда гьесул букIана вице-президентасул хъулухъ. 2006 соналда ГIабдул-ХIаким Садулаев чIван хадуб ГIумаров вищула президентлъун ва дандечIей гьабулел къуватазул нухмалъулевлъун.
Гьесда гIунтIизабулеб букIана 2004 соналда Бесланалъул школалда гIадамал гъоркьлъалие росиялъул гIайибги. Гьеб мехалда хун вукIана 334 чи, гьезулги цIикIкIунисел лъимал. Амма 2005 соналда Эркенлъи Радиоялъе кьураб интервьюялда ГIумаровас какулеб букIана Бесланалда школа гъоркьлъалие боси ва абулеб букIана тактика хIисбалада терроризмалдаса жидеца инкар гьабун бугин.
2007 соналда ГIумаровас живго лъазавун вукIана Имарат Кавказалъул лидерлъун. Гьеб Имарат лъазабун букIана Шималияб Кавказалда гIуцIулеб ва мухIканал гIурхъаби рихьизаричIеб исламияб пачалихълъун. Гьелъул хIасилалда яргъидгIуцIаразул чачаназул гIаркьелгун рикьелги ккун букIана.
Шималияб Кавказалда хурхун машгьурав эксперт ва журналист Иван Суховас абуна ЭР-лъе ГIумаровасда живго вихьулев вукIанин «мужагьидазул глобалияб багъа-башариялъул бутIалъунин».
Иван Сухов: «Гьеб букIанин абизе бегьула Кавказалда сепаратистазул багъа-башариялда хиса-басиял ккараб мех. 90-билел ва 2000 соназул авалалда гьел жидер ракь Россиялъул Федерациялда бачIого букIиналъе гIоло къеркьолел рукIун ратани, имарат Кавказ лъазабуралдаса нахъе гьеб сверана динияб багъа-башариялде. Гьелдаса нахъе дандечIей гьабулезул лидераз жидер къеркьеялъул аслияб гIиллалъун дин бихьизабулеб букIана».
ГIумаровасда гIунтIизабулеб буго Шималияб Кавказалда Россиялъул рахъ ккурал хъулухъчагIазде анцI-анцI тIадекIанцIиял гьариялъул ва гIарцухъ нахъе кьезелъун гIадамал рикъиялъул гIайибалги.
Сочиялда Олимпиадаялъул хIаялги «Аллагьас жидее кьураб ресалда рекъон» жидеца гьаризе тезе гьечIин абун букIана гьес араб соналда.
ГIумаровасда гIунтIизабулеб буго 2009 соналда Москваялдаса Санкт-Петербургалде унеб букIараб «Невский Express» кьвагьизабиялъул гIайибги. Гьеб мехалда хун вукIана 26 чи.
Гьес гьединго тIаде босун букIана 2010 соналда 39 чи чIвараб Москваялъул метроялда гьарурал кьвагьиязул жавабчилъиги. 2011 соналда Домодедово аэропорталда 36 чи чIвараб терактги.
Интернеталда лъураб видеоялда гьес абулеб букIана аэропорталда гьабураб кьвагьи бугин «Кавказалда Россиялъ гьарурал такъсиразухъ къисас босийин»
Доку ГIумаров: «Гьеб хасаб операция гьабун бук1ана дир буюриялда рекъон. Хъван батани, гьединал хасал операцияби хадусанги гьаризе руго».
ГIумаров чIван вукIиналъул Россиялъул хасал хъулухъаз цебеги чанго нухалда лъазабун букIана.
Гьесул буго анлъго лъимер. Гьесул кIиго вац чIван вукIана рагъулъ ва рагъулазул ретIел ретIараз рикъарал гьесул гIагарлъиялъул чанго чиясул лъалкI тIагIун буго.
Эркенлъи Радиоялъул эксперт Лиз Фуллерил пикруялда ГIумаровас ритIухъ гьабичIо жинда букIараб божилъи. Чачаназул лъидаго бачIеб пачалихъ гIуцIиялъул идеялдаса инкар гьабиялъги, Россиялда гIадатиял гIадамазде данде терактал гьариялъги ГIумаровас халкъазда гьоркьосеб жамгIияталда цебе суризабуна чачаназул къеркьеялъул идеяго.