Эболаялде данде вакциналъул гIадамазда халбихьун буго

ГIалимзабаз лъазабулеб буго Британиялъул компаниялъ Эболаялде данде вакцинаялъул хIалбихьиязул хIасилаз жидер лъикIал хьулал рижинарулел ругин. Гьеб вакцинаялъ инсанасул имуннияб системаялъе вирусалде данде чIезе ресал рагьулел ругин.

GlaxoSmithKline (GSK) абураб Британиялъул фармацевтияб гиганталъ гьабураб вакцина биччан буго Цолъал Штатазда жидеего бокьун экперименталда гIахьаллъарав 20 чиясул бидулрихьазде. Гьелъул хIасилаз лъикIал хьулал раккизарулел ругин лъазабун буго Цолъарал Штатазул Сахлъи цIуниялъул министерлъиялъул вакциянаялъул цIех-рех гьабизе жидеда тIад къарал Сахлъи цIуниялъул миллияб институталъул гIалимчагIаз.

Жидеего бокьун вакциянациялда гIахьаллъаразул цогIагиясул гIарз гьечIо жидерго черхалъе гьелдаса ракIалде гьечIеб эффект бугин абураб ва щивасул организмалда рижине байбихьун руго вирусалде данде къеркьолел антителаби.

Экперименталъул гIахьалчагIи рикьун рукIун руго кIиго къокъаялда. Цоязул бидулрихьазде биччан буго вакциянаялъул кIудияб къадар, цогидазул – гьитIинаб доза. ЛъикIаб эффект кьун буго жиделъе кIудияб доза вакцинаялъул биччарал гIадамазе. Эксперименталъул хIасилал рахъун руго New England Journal of Medicine абураб журналалда.

Кинаб жо кколеб гьеб вакцина? Гьелда гъорлъ аслияб компонент рагIула генетикияб модификация гьабураб шимпанзеялъул вирус. Шимпанзеялъул, щайгурелъул гьелда бажарулеб буго жиндилъ вирус гьечIеб Эболаялъул протеинал тIиритIизаризе.

Медиказул рагIабазда, экперименталияб вакциялъул хIалбихьи тIобитIизе буго ункъго этапалъ. Лъалеб буго кIибилебги лъабабилебги этап Магърибалъул Африкаялда тIобитIизе букIин. ГIицIго гьеб мехалда ракIчIун абизе бегьизе буго, бугищ тIубанго хIинкъи гьечIеб гьеб вакцина яги гьечIищали. Гьеб гуребги гьанжеги лъалеб гьечIо кигIанаб заманалъ гьеб вакциянаялъ инсанасул организм цIунизе бугебали.

GlaxoSmithKline компаниялъ гьабураб вакцинаялда бажарулеб буго Эболаялъул «Судан» ва «Заир» абун цIар кьурал вирусалъул штаммазде данде чIезе.

«Заир» абураб штаммалде данде чIезе бажарулеб вакцинаялъул тестал унел руго гьединго Британиялъул Оксфордалъул университеталдаги, Малиялдаги, Швейцариялдаги. Нагагьлъун гьеб вакцинаялъул хIалбихьияз позитивиял хIасилал кьуни, гьеб битIизе рагIула Магърибалъул Африкаялъул аза-азар медикиял хIалтIухъабазе.

GlaxoSmithKline (GSK) вакильзабаз лъазабулеб буго, 2015 соналъул ахиралде щвезегIан жидер компаниялда вакциналъул миллионалде гIунтIун дозаби риччазе бажаризе бугин моцIалда жанибин.

27 ноябралда ТIолабго дунялалъул сахлъи цIуниялъул гIуцIиялъул лъазабуна, дунялалда Эбола вирус щварал гIадламазул къадар баханин 15 935 чиясдейин. Гьеб унтиялдаса хун вуго 5689 чи. Бищунго гIемер гIадамал унтун ва хун рагIула аслияб къагIидаялда Гвинеялда, Либериялда ва Сьерра Леонеялда.