Кинаб бугеб Владимир Жириновский гьедингIан гIемер соназ политикияб сценаялда хутIиялъе бугеб балъголъи? ЛДПРалъул лидерасул экстраординарияб хьвада-чIвадиялъ ва гьес хадур-цере гьарулел экстремистиял ва инсанасул ихтиярал хвезариялде хурхен бугел лъазабияз рагъаризаруна гIемер гъалмагъирал.
Жириновскиясда хурхарал лъагьа-бахъинал ракIалде щвезариялъе къваригIинаан чанго программа. Гьес щибаб къойилго гIадин гьарулел лъазабияз цо-цоял шокалде ккезарула, цогидал, ай, гьесул электорат ва цо-цо политикал, роххизарула. Жириновскияс гьарулел гIадал цо-цо лъазабиязе гIоло чангиял туснахъазде рехизе бегьула, россиялъул къануназда рекъон. Амма депутатасул иммунитет бугев Пачалихъияб Думаялъул вице-спикерасе Россиялда гьукъараб гьечIин экстремистиял лъазабиял гьаризецинин, рикIкIунеб буго Дагъистаналдаса юрист Сулейман Сулеймановас. Мисал хIисабалда гьес кIвар буссинабуна ЛДПРалъул лидерас «К барьеру» абураб россиялъул телевидениялъул программаялда гьарурал расистасул лъазабиялде.
Журналист ва жамгIияв хIаракатчи Максим Шевченкогун рукIарал дебатазда, гьес жиндирго къагIидаялда гIамал гьабулеб букIана Россиялъул проблемаби Кавказалда хурхарал рукIин бихьизабизе. Гьес абулеб букIана региогионалда кигIан халтIул бакIал рагьаниги, гьез кумек гьабуларин, гьениб халкъ гIемерлъулеб букIиналда банин, абун.
Владимир Жириновский: «Биччанте, рала нилъеца ругезде тIадеги заводал-фабрикаби. Кьела гьезие хIалтIи. Гьезул хъизаназда цIидаса 5, I0, I5 лъимер баккула. Кинабго Россия Кавказалъе хIалтIулеб букIуна гьеб мехалда. Заводал-фабрикаби, тIадеги заводал-фабрикаби, кинабго добе! ГIурусазе щиб хутIулеб? Ракъунги, гIицIгогийищ хутIизе кколел гьел?
Гьезул хъизаназдаги рукIине ккола инсанияталъул хъизаназда бугеб лъималазул гьоркьохъеб къадар - кIиго-цо. ГIела! Лъабабилелъухъ - гIакIа! Бокьун гьечIищ? ЧIезарила. Бокьун гьечIищ? Зазхараб кварица сверун кквела. Бокьун гьечIищ? Къала кинабго жо. РукIа абе дора! 15-20 лъимер! Жалго рукIа гьел хьихьулел! Жидецаго балагьеян абе хIалтIиги!
Россиялда гIадамал чIвазе лъиениги теларо! Кинабго хьвада-чIвади чIезабизе ккола. Нахъ тIамичIого къазе ккола «МахIачхъала-Москва» автобусалъул маршрутги. Цо нухалъ гурел гьединал автобусазда гьанире террористал рачIун рукIарал.»
Жириновскияс хадубги чIечIого гIайибал гIунтIизарулел рукIана Кавказалда, хасго Дагъистаналда ва дагъистаналъул халкъалда. Жибго республикаялда гьелде реакция загьирлъана. Ай, «Дагъистналъул узденал» абураб гIуцIиялъ диваналде гIарза кьуна бугьтан лъеялъул гIайиб гIунтIизабун Жириновскиясда хурхун такъсирияб иш рагьи гьарун.
«Яблоко» партиялъул лидер Сергей Митрохиницаги Россиялъул цIех-рехалъул комитеталде хитIаб гьубун, тIалаб гьабуна Жириновскиясда тIад экстремизмалъул гIайиб гIунтIизабун, такъсирияб иш рагьи. БатIи-батIиял лъазабиял гьаруна Чачан республикаялъул, Гъабардагун Балкариялъул ва цогидал республикабазул парламентаз ва жамгIиял гIуцIияз ЛДПРалъул лидер тамихIалде гъоркье цIай тIалаб гьабун. Ахир-къадги гьес телепрограммаялда гьабураб каламалда экстремизмалъул ишараби ратIичIин, хIукму къотIана цIех-рехалъул комитеталъ. Живго Жириновскиясин абуни, лъазабуна, жинца программаялда бицараб мекъи бичIчIун бугин.
Владимир Жириновский: «Нилъер буго къабул гьабураб "Контртеррористияб операциялъул хIакъалъулъ" къанун. Гьелда рекъон, гIорхъаби чIезарулел руго гIадамазул, транспорталъул хьвада-чIвадиялъе. Контроль чIезабулеб буго бухьеналда, почтаялда тIад. ХIинкъи бугеб бакIазда, доре-гьанире гочинги босулеб буго контролалде гъоркье. Бихьизабун буго гьединго карантин лъазабиялъул рес. Гьединал бакIазда рукIине бегьула блок-постал. Гьеле гьениб хIалтIизабизе бегьула дица доб мехалда рехсон букIараб зазхараб квар. Дица абун букIинчIо гIадамал зазхараб кварица сверун кквезе кколин. Дица бицен гьабулеб букIана яргъид гIуцIарал ругеб бакIалъул. Гьел мугIрузде уна. Къазе ккола гьезул сухъмахъал. Блок-постал лъезе кIоларо гури нужеда гьенир.»
Гьесул лъазабиялъе жаваб хIисабалда оппозицияв политик Илья Яшиница кIвар буссинабуна вице-спикерасул кIигьумерлъиялде.
«Сова» абураб инсанасул ихтиярал цIунулеб централъул директор Александр Верховскияс абулеб буго, жинда кколин Жириновскиясул популистиял лъазабиязул гьанже абизегIанабго асар букIунарин. Амма гьесул электорат кIудияблъун хутIулеб букIиналда нахъ бугин, халкъ пачалихъалда божунгутIиялъул борхараб даражайин.
Александр Верховский: «Гьев ораторасул гьанже сундуениги асар гьечIин ккола дида. Дида ккола гьев живго "жиндирго проект" вугин. Киназдаго ракIалде чIолеб хьвада-чIвади гьес жиндиего бищараб къагIида бугин. У, гьесул электорат буго. Бугониги, дида ккола россиялъул гIадатияв гьоркьохъев, политикиялде кинабгIаги хурхен гьечIев чиясдацин бичIчIунин, тIубараб регион зазхараб кварица сверун кквезе рес гьечIеблъи. Дир пикруялда, гьесул электораталъе ракIалъе гIолев вуго гьев гьединав кидаго радикалияв, кидаго ахIдун вагъдолев вукIин. Гьединаб къагIидаялда жиндего кIвар буссинабизе гьесда бажарулебги буго.»
2005 соналдаго Пачалихъияб Думаялъул этикаялъул рахъалдаса комиссиялъ гIуцIараб бищунго гIемер гъалмагъирал рукIунел депутатазул рейтингалда
букIана Жириновскиясул цIарги.
Гьесда хурхун диваназде, низам цIунулел идарабазде гIарзабазул къадаралда рахъалдаса гьесие кинавгIаги политикас конкуренция гIуцIулеб батиларин рикIкIунеб буго «Справедливая Россия» партиялъул дагъистаналъул бутIаялъул нухмалъулев ХIажимурад ГIумаровас. Гьев разилъулев вуго ЛДПРалъул лидер цо-цо политиказ рикIкIунхъе, «Кремлалъул проект» викIиналда.
ГIумаровасулго гIадаб пикру нижер программаялъе загьир гьабуна жамгIияв хIаракатчи ва журналист Алик ГIабдухIамидовасги. Гьесул пикруялда, Жириновскиясда «тIад къараб роль» ккола ЛДПР оппозицияб партия бугин бихьизаби.
Алик ГIабдулхIамидов: «Жириновскияс кидаго пайда босула гIадамазул бищунго нахъегIанаб бербалагьиялдаса, инстинктаздаса. ЖамгIияталда жаниб проблемаби загьирлъулеб мехалда, социалиялгун экономикиял захIмалъаби ругеб мехалда, хIалтIи гьечIел гIадамазул къадар кIудияб бугеб мехалда, тероризм ва цогидал балагьал загьирлъулеб мехалда, цIакъ бигьаго букIуна гIадамазул бищунго нахъегIанал инстиктазул манипуляция гьабизе. Гьедин гурищха гьесул рахъ кколел, гьесда божулел аслияб къагIидаялда кколел лъавукъал, махшел гьечIел, ургъизе кIвахIаллъулел гIадамал.
Цогидаб рахъалдаса босани, дида ккола, гьединал гIадамал къваригIунин Кремлалъе. Гьел къваригIуна нухмалъиялъе бокьараб галиялде халкъалъул букIине бегьулеб реакция баянлъизабиялъе. ЖамгIияталъул кIудияб бутIаялъ нахъ чIвазе гьечIеблъи бихьулеб бугони, гьелъул рес буго байбихьизе жидеего бокьараб проект гIумруялде бахъинабизе.
Постсоветияб россиялъул тарихалде балагьани, нилъеда бихьула, Жириновскияс киданиги нухмалъиялъ цIараб хIуч бахунареблъи. Гьев ва гьесул партия оппозиция бугин бихьиязабиялъе чIезабураб бакIалдаса киренги кьуруларо. Гьединлъидал нухмалъиялъе гьесдаса пайда буго. Нухмалъиялъул цо-цо даражаялда пуланаб пикру баккараб мехалда, гьес жиндирго къагIидаялда, идеялде бугеб берблагьиялъул хал гьабула. Мисалалъе, биччанте лъилалиго ботIролъ Россиялда жаниб бугеб Кавказалъул изоляция гьабиялъул пикру бижун букIине. Гьелех гьев ваккула гьединал, унго-унгоял экстремистиял лъазабиялгун. Гьедин гьес хал гьабулеб буго кинаб гьелде реакция жамгIияталъул букIине бегьулебали. ЖамгIияталъ гьединал идеябазул рахъ кколеб бугони, пуланал къокъабаз байбихьизе бегьула гьединаб гIантаб проект гIумруялде бахъинабизе.»
«Миллат» газеталъул бетIерав редактор МахIамад БисавгIалиевасул пикруялда, кинабго цогидаб жоялда цадахъго, Жириновскиясул функция хурхараб буго гьединго «гьалдолеб хьагинаса хьухь къватIибе биччай».
Журналист ва жамгIияв хIаракатчи Максим Шевченкогун рукIарал дебатазда, гьес жиндирго къагIидаялда гIамал гьабулеб букIана Россиялъул проблемаби Кавказалда хурхарал рукIин бихьизабизе. Гьес абулеб букIана региогионалда кигIан халтIул бакIал рагьаниги, гьез кумек гьабуларин, гьениб халкъ гIемерлъулеб букIиналда банин, абун.
Гьезул хъизаназдаги рукIине ккола инсанияталъул хъизаназда бугеб лъималазул гьоркьохъеб къадар - кIиго-цо. ГIела! Лъабабилелъухъ - гIакIа! Бокьун гьечIищ? ЧIезарила. Бокьун гьечIищ? Зазхараб кварица сверун кквела. Бокьун гьечIищ? Къала кинабго жо. РукIа абе дора! 15-20 лъимер! Жалго рукIа гьел хьихьулел! Жидецаго балагьеян абе хIалтIиги!
Россиялда гIадамал чIвазе лъиениги теларо! Кинабго хьвада-чIвади чIезабизе ккола. Нахъ тIамичIого къазе ккола «МахIачхъала-Москва» автобусалъул маршрутги. Цо нухалъ гурел гьединал автобусазда гьанире террористал рачIун рукIарал.»
Жириновскияс хадубги чIечIого гIайибал гIунтIизарулел рукIана Кавказалда, хасго Дагъистаналда ва дагъистаналъул халкъалда. Жибго республикаялда гьелде реакция загьирлъана. Ай, «Дагъистналъул узденал» абураб гIуцIиялъ диваналде гIарза кьуна бугьтан лъеялъул гIайиб гIунтIизабун Жириновскиясда хурхун такъсирияб иш рагьи гьарун.
«Яблоко» партиялъул лидер Сергей Митрохиницаги Россиялъул цIех-рехалъул комитеталде хитIаб гьубун, тIалаб гьабуна Жириновскиясда тIад экстремизмалъул гIайиб гIунтIизабун, такъсирияб иш рагьи. БатIи-батIиял лъазабиял гьаруна Чачан республикаялъул, Гъабардагун Балкариялъул ва цогидал республикабазул парламентаз ва жамгIиял гIуцIияз ЛДПРалъул лидер тамихIалде гъоркье цIай тIалаб гьабун. Ахир-къадги гьес телепрограммаялда гьабураб каламалда экстремизмалъул ишараби ратIичIин, хIукму къотIана цIех-рехалъул комитеталъ. Живго Жириновскиясин абуни, лъазабуна, жинца программаялда бицараб мекъи бичIчIун бугин.
Владимир Жириновский: «Нилъер буго къабул гьабураб "Контртеррористияб операциялъул хIакъалъулъ" къанун. Гьелда рекъон, гIорхъаби чIезарулел руго гIадамазул, транспорталъул хьвада-чIвадиялъе. Контроль чIезабулеб буго бухьеналда, почтаялда тIад. ХIинкъи бугеб бакIазда, доре-гьанире гочинги босулеб буго контролалде гъоркье. Бихьизабун буго гьединго карантин лъазабиялъул рес. Гьединал бакIазда рукIине бегьула блок-постал. Гьеле гьениб хIалтIизабизе бегьула дица доб мехалда рехсон букIараб зазхараб квар. Дица абун букIинчIо гIадамал зазхараб кварица сверун кквезе кколин. Дица бицен гьабулеб букIана яргъид гIуцIарал ругеб бакIалъул. Гьел мугIрузде уна. Къазе ккола гьезул сухъмахъал. Блок-постал лъезе кIоларо гури нужеда гьенир.»
Гьесул лъазабиялъе жаваб хIисабалда оппозицияв политик Илья Яшиница кIвар буссинабуна вице-спикерасул кIигьумерлъиялде.
Александр Верховский: «Гьев ораторасул гьанже сундуениги асар гьечIин ккола дида. Дида ккола гьев живго "жиндирго проект" вугин. Киназдаго ракIалде чIолеб хьвада-чIвади гьес жиндиего бищараб къагIида бугин. У, гьесул электорат буго. Бугониги, дида ккола россиялъул гIадатияв гьоркьохъев, политикиялде кинабгIаги хурхен гьечIев чиясдацин бичIчIунин, тIубараб регион зазхараб кварица сверун кквезе рес гьечIеблъи. Дир пикруялда, гьесул электораталъе ракIалъе гIолев вуго гьев гьединав кидаго радикалияв, кидаго ахIдун вагъдолев вукIин. Гьединаб къагIидаялда жиндего кIвар буссинабизе гьесда бажарулебги буго.»
2005 соналдаго Пачалихъияб Думаялъул этикаялъул рахъалдаса комиссиялъ гIуцIараб бищунго гIемер гъалмагъирал рукIунел депутатазул рейтингалда
букIана Жириновскиясул цIарги.
Your browser doesn’t support HTML5